Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

18.08.2022 17:27 Четверг
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Авар театралъул артистазулгун дандчIвай

2023-абилеб соналда, нилъер республикаялъул районазулал казиятазда гьоркьоб «Гъуниб» газеталъул редакциялъ тIоцебе кIодо гьабизе буго казияталъул тIоцебесеб номер къватIибе аралдаса 100 сон тIубаялъулаб юбилей. Гьелда бан цIикIунел руго редакциялъ гьарулел цо-цо хIадурлъиялъул ишалгун хIаракатал ва батIи-батIиял тадбирал.

 2023-абилеб  соналда, нилъер республикаялъул районазулал казиятазда гьоркьоб «Гъуниб» газеталъул редакциялъ тIоцебе кIодо гьабизе буго казияталъул тIоцебесеб номер къватIибе аралдаса 100 сон тIубаялъулаб юбилей.  Гьелда бан  цIикIунел  руго  редакциялъ гьарулел цо-цо хIадурлъиялъул ишалгун хIаракатал ва батIи-батIиял  тадбирал.

Гьедин, 2 августалда къаси райцентралда маданиябгун хIухьбахъиялъул  кIалгIаялда «Росулъ ккараб кепаб иш» абураб пьеса бихьизабурал Авар театралъул артистазулгун  нахъияб къоялъ  букIана  «Гъуниб» газеталъул редакциялда  дандчIвай- «гургинаб стол».

Аслияб къагIидаялъ данделъи бачарав «Гъуниб» казиялъул бетIерав редактор, СССРлъул журналистазул Союзалъул ва Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул член МухIамад  Къебедовас  къокъго бицана казияталъул тарихалъулгун жакъасеб хIакъикъаталъул — «Гъуниб» казияталъул букIине бугеб  I00 сонилаб юбилеялде   гьабулеб бугеб хIадурлъиялъул, гьелда бан гьаризе хIисабалде росун ругел тадбиразул. Гьединго бицана рахьдал мацI цIуниялъе, казияталъул гьалмагъзаби гIемер гьариялъе гIоло редакциялъ гIумруялде рахъинаруралги,  гьаризе ракIалда ругелги хIалтIабазул. Гьединго МухIамадица цIакъ рахIат хун бицана тIаде гIолеб гIелалда рахьдал мацI кIочон унеб букIиналъул, редакциялде авар мацIалда хъвадарулезул къадар мукъсанаб букIиналъул, авар мацIалда кьолел, хасго телевидениялъул передачабазе цIакъ мукъсанаб гурони заман кьун гьечIолъиялъул.

Рахьдал мацI цIуниялъе нилъеца киназго тIаде лъугьун хIалтIи гьабизе къваригIун букIиналъул бицунаго, МухIамадица мисал бачана дагьав цеве живго щун вукIараб Турциялда  ругел дагъистанияз авар мацI берцинго цIунун  букIиналъулги ва гьеб мурадалда  туркиялда ругел магIарулаз гьелъие гIоло гIумруялде рахъинарулел ругел цо-цо тадбиразулги. Гьединал  мисалазул цояб кинниги  редакторас рехсана Туркиялда вугев цо пуланав магIарулас яс  жидее кьезе хьулалда цо курдас, хасс гьабун тIадги чIун магIарул мацI лъазабун букIанигицин, дагъистанияс, миллияб (миллаталъул) би чороклъизе гурилан,  гьесие яс кьезе инкар гьабиялъул хIужжаялъул. Гьебго заманалда, казияталъул бетIерав редакторас бицанихъе, нилъер къватIисел улкаялда гIумру гьабулел, хасго  Туркиялда  ругел гIадамазул авар передачабазухъ гIин тIамизе цIакъ гIашикъаб хIалалда руго. Жидехъе щолел Дагъистаналдаса гьалбазе гьез кьолел бищунго аслиял суалазул цояблъун букIунеб буго: «Щай Дагъистаналъул халкъазул бищунго кIудияблъун кколеб авар миллаталъул мацIалда  халатккураб заманалда передачаби кьолеб хассаб гьечIеб?»-абураб.

Гьелги, гьезда релъарал цогидалги суалазда тIасан рехсараб дандчIваялда тIоцеве кIалъарав Дагъистаналъул маданияталъул мустахIикъав хIалтIухъан, драмаялъулаб  сценаялъул махщел камилав артист МухIамадрасул  ГъазимухIамадовас байбихьуда къокъго  жиндирго гIумруялъулаб нухлулги бицун, хадуб щвалде щун ва гъваридго тIадчIей гьабуна казияталъул хIалтIул хаслъабазда. Узухъда, гIемер соналъ Болъихъ районалъул казияталъе нухмалъи гьабурав, калам  гIакъилав бегIераб рагIул устар ва  гъваридал шигIраби хъвалев гьесда лъидасаги лъикI лъаларищха  казияталъул хIалтIул хIакъикъат, абухъего гьелъул къватIиселги жаниселги рахъал?!

Столалда тIад букIараб газеталъул подшивкаялда ва гьенирго тIиритIарал «Гъуниб» журналалъул лъабабго номеразул халги гьабун, МухIамадрасулица цIакъго тIадегIанаб ва кутакалда лъикIаб къимат кьуна казияталъул редакциялъул хIаракаталъе. «Дица цIакъго тIадегIанаб  къимат кьола казияталъул редакциялъ гьабулеб хIалтIуе. Дида ракIчIун абизе кIола жакъа къоялда гьадин, магIнаялъул рахъалъ гъваридаб, макъалабазул рахъалъ бечедаб, гIумруялъул киналго рахъал жанире рачун гIуцIараб казият нилъер республикаялъул цохIониги районалда гьечIин. Журналалъулни бицинего бицинаро- гьел риччаялъул иш бажарараб районалъул редакция жакъа Дагъистаналда кибниги цоги гьечIо»,- ян абун тIадчIей гьабуна гьес.

Гьесда хадуй кIалъазе яхъана Авар театралъул литературияб бутIаялъул заведующая,  артистка Разият Дибирова. Жиндирго гIумруялъулаб нухлул бицунелъул гьелъ кIваркьун бихьизабуна жеги лъимераб заманалдасаго Авар театрги, рахьдал мацIги бокьиялъе жиндие квербакъи гьабунин рокъоб магIарул мацI бицунеб букIиналъги, магIарухъ гIумру гьабулеб букIиналъги. Жинцаги гьедин гьабулин: рокъоб магIарул мацIги бицунин, риидал лъималги магIарухъе ритIулин. Гьединлъидал жидер лъималаздаги, гьезул эмен даргинав вукIаниги,  рахьдал мацI лъим гIадин лъалебин бицана Разиятица.

«Гургинаб столалъулаб» дандчIваялда гIахьалъарав Шамил ИсмагIиловас бицана жив кколин нилъерго районалъул Къорода росулъа вахъарав тIоцевесев профессионалияв артист. Авар театралда Шамил хIалтIулев вуго 20I0 соналдаса нахъе.  Гьел соназда жаниб гьес хIан буго  къогониги батIияб театралиял хIаязулъ аслиялги аслияб гурелги ролал. Гьелъулги, маданияб махщел тIаса бищиналъе ккарал гIиллабазулги, жиндирго хIалтIулаб хIаракатчилъиялъулги   хIакъалъулъ гIатIидго бицана Шамилица гьеб дандчIваялда. Гьесги, церехун кIалъаразго гIадин, жиндирго кIалъаялъулъ аслияб тIадчIей гьабуна  рахьдал мацI бокьиялъеги, гьеб  Авар театралъул артистасул махщел тIаса бищиялъеги  жиндие кIудияб квербакъи гьабунин рахьдал мацIалдехун жиндирго рокъоб букIараб рокьиялъги, гьеб махщел жиндие рекIее бокьулеб букIиналъги ва эбелалъул рекIел мурад тIубазе букIараб хIаракаталъги.

Гургинаб столалъул гIахьалчIужу, Дагъистаналъулгун Россиялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан, Дагъистаналъул Халкъияй БахIарчIужу, Гъуниб  маданиябгун-хIухьбахъиялъулаб централъул нухмалъулей ПатIимат Абакаровалъ  жиндирго кIалъаялда аслияб тIадчIей гьабуна магIарул мацI цIунизе ккун бугин абун гIемер бицин-тей гьаби  гуреб, гьеб рахъалъ щибгIаги кколеб хисиги бихьулеб хIасил  гьечIолъиялъул.

«Жакъа рахьдал мацIалъул суал ахIи базе ккараб хIалалда бугеб заманалда, гьеб иш ро цIцIине ккани нилъер депутатаздаса байбихьун лъималазул эбел-инсуде щвезегIан цадахъ лъугьун гьеб масъала тIубазе жакъаго тIаделъичIони,  метер кватIун ккезе букIин бичIчIизе ккун буго нилъеда киназдаго!»,- ян кIвар кьун тIадчIей гьабуна гьелъ.

Авар театралъул  артистазулгун дандчIвай — «гургинаб столалъул» хIасил хIисабалда, киналго гIахьалчагIазул гIаммаб пикру ккана,  рахьдал мацI – халкъалъул рухIияб хъазина абухъего, нилъерго  мацI цIуни мурадалда «Гъуниб» газетаялъул редакциялъул хIаракаталдалъун жамгIиял гьиназда цIиял харбалгун видеороликал лъезелъун рагьун хIалтIулеб бугеб «Эркенаб Гъуниб» группаялъул кьучIалда аваразул тевидениялъул каналалде сверизабизе лъикI букIинаанин абураб хIасилаб пикруялде.

Тадбиралъул ахиралда «Гъуниб» газетаялъул бетIерав редактор МухIамад Къебедовас ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна «гургинаб стол»-данделъиялъул киналго гIахьалчагIазе ва гьезул щивасе сайигъаталъе кьуна жиндирго тIухьдулгун «Гъуниб» журналал. ДандчIваялъул ахиралда ракIалде щвеялъулал цадахал сураталги рахъун, Авар театралъул артистал иргадулаб районалде сапаралъ нухда тIоритIана.

«Гъуниб» газеталъул редакциялда букIараб Авар театралъул артистазулгун дандчIвай — «гургинаб стол» ана аваданго, ракӀжубан, гьалбадериеги гьел къабул гьарураб «Гъуниб» казияталъул редакциялъул хIалтIухъабазеги цӀакъго пайдаяб, гьел хадурккунги хIалтIизе жеги гъира-шавкъ  бижизабулеб ахӀвал-хӀалалда.

 

 

         МухIамад Абакаров, журналист.

 

 Фотосуратазда: «Гъуниб» казияталъул редакциялда Авар театралъул артистазулгун букIараб  дандчIвай — «гургинаб столалъул» цо-цо лахIзатал.

 

Авторасул фотосуратал.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

31