Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

20.08.2022 07:24 Суббота
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Дида гьадинавлъун рак1алда ч1ана Сугъралъа Турциялъул рагъулав генерал Магьди Паша Сунгур

Къаси-къаси зодор кунчIарал цIвабзазул нухдасан вачун щванилан бицунаан Сугъралъа Магьди-хIажияв Макка-Мадинаялъул хирияб ракьалде. Гьенив цIалана, лъазабуна гIелму ва хадув гьев вачIана Туркиялдеги. БачIинаго гьев рештIун вуго Гюнеялда. 1924 абилеб соналда гьенив гьавун вуго  Сугъралъа Магьдиги.

Дида гьадинавлъун рак1алда ч1ана Сугъралъа Турциялъул рагъулав генерал Магьди Паша Сунгур

ИМАНГИ АСКАРГИ ЦАДАХЪ БАЧАНА

Доб сордоялъ Гюнеялда унеб букIана нилъер Дагъистаналдаса бачIараб концертчагIазул церерахъин. АскIов гIодов чIарав чияс «Доле вачIунев вуго нилъер пашаги»,ян абун, дир гьесдехун пикру буссинабуна. Турказул мацIалъ гьеб паша абураб рагIул магIна ккола генерал абураб жо. Гьев вукIана гIадатав, кIудиябго гуреб черхалъул, амма цо речIараб чIор гIадин, тириго вачIунев чи. ГIодовги чIана гьев нижедаса дагьав цевегIан, тIоцебесеб кьерда. Дагъистаналдаса вачIарав цо гьалмагъас хIаракат бахъана генераласда аскIобегIан нух бахъизе. Ахир нахъги вуссун, гьес абулеб букIана жидеда цевеги вилъун сурат бахъеян. Щай гьереси бицун, бажаричIо. БажаричIо гьеб халкъалда цевеги чIун, генераласул бадибе аппарат чвархъезабизе...

Цо къоялъ мажгиталдаса къватIиве вахъарав дидехун Шагьабудин Озденица шурун абуна жакъа нилъ Магьди-пашаца рокъоре ахIулел ругилан. КватIичIого гьедин ниж данделъизеги данделъана. Рокъор ратана гьесул хъизан, лъимал, гьезулги лъимал. Гьез цо хинаб, ракI рагьараб, урхъараб къагIидаялъ дандчIвай гьабуна. Нижер гьалмагъ гIадин аскIов чIана Магьди-пашаги. Рачана жиндирго гIуцIараб кабинет бихьизе. Бищунги чIухIун гьенир къадада рукIана ансадерилги гьоцIдерилги цогидалги машелчагIаз гьарурал тIагIелал. БукIана тIухьдузул лъикIаб библиотека, Дагъистаналъул

хIакъалъулъ бицунеб литература. ЦохIо кабинеталда гуребги минаялда жаниб бакIбакIалда рихьулел рукIана гIагараб умумузул ВатIан цебечIезабулел суратал. Гъутугъалдаса къватIибе бахъун бачIана каранда балеб цо меседил цIва. Гьеб букIана Магьди-паша Сунгур Дагъистаналъул БахIарчи вукIиналъулги бицунеб гIаламат. Амма гьел гьунаразулги нахъа тараб бечедаб гIумруялъулги гIемерго цебе рехун бицине бокьулеб гьечIилан кколаан . Цин ракIалде щвезаруна умумул. Бицана гьесул кIудияв эмен Магьди-хIажи шейх Шамилил чи вукIанилан. Ва гьев Сибиралдеги витIун дагьаб гIакъуба бихьун хутIун гьечIо. 

– Бщун ракI бакъвараб жо,– ян цIакъ къваридго гIадин абун ана генераласухъа,– дир кIудияв инсул каки чурулеб гулгун чIинтIулеб букIун буго гIурусаз. Аллагьасда гьардон, хириял дугIаби цIалун хIалица ворчIун вуго туснахъалдаса. Къаси-къаси зодор кунчIарал цIвабзазул нухдасан вачун щванилан бицунаан Сугъралъа Магьди-хIажияв Макка-Мадинаялъул хирияб ракьалде. Гьенив цIалана, лъазабуна гIелму ва хадув гьев вачIана Туркиялдеги. БачIинаго гьев рештIун вуго Гюнеялда. Гьеб букIана бищунги машгьураб КIикIуниса МухIамад Маданиги Шарапутдин устарги жанир рукIараб росу. Сверухъ рагIараб мадрасаги гьениб букIана. Магьди-пашал кIудияв эменги гьенир рукIарал мугIалимзабазул цояв кколаанила. Гьединаб исламалъул къануназ цIунараб хъизаналда 1924 абилеб соналда гьавун вуго Магьди. Бицуна гьитIинго гьев цIакъ цогидазда гьоркьов ватIавахъизе лъалев, мекълъи-тIекълъи бокьуларев, къун чIолареб гIамалалъул вас вукIанилан. Имам Шамилилги доб заманаялъул магIарулазул бахIарзазулги бахIарчияб гIамал-хасияталъул хIакъалъулъ рагIарал харбаз шулалъун бугилан ккана Магьдилъги рагъухъанасул ишалде рокьи. Гьеб жеги цIубана турказул аскаразда хъулухъ гьабизе араб бакIалда. ЦIализе ана Бурсаялда букIараб рагъулал ишазул лъай кьолеб идараялде. Ва дагьдагьккун Магьди Сунгурида божилъи гьабизе байбихьун буго Туркиялъул рагъулаб армиялъул бищунги кIвар бугел ишал. Гьес хъулухъ гьабун буго Истамбул, Анкара, Муш, Бингёль, Искандер гIадал жеги чанго батIияб вилияталда. Гьайгьай, гьедин соналдаса соналде Магьди Сунгурил цIар Туркиялъул рагъулал хъулухъчагIазда гьоркьоб цебе унеб букIана. Цо-цо ккун кьун цIвабигун гьев вахъана Туркиялъул танкабазул аскаразул генераллъун. Рагъулаб хъулухъ гьабун буго кинабниги лъеберго соналъ. Жакъа гIадин ракIалда буго гьесул хъизан НазихIатидаги жидерго бертин букIараб къо. Гьелъул букIинчIо гIицIго анцIила ичIго сон гурони. Магьди абуни вукIана гьанжего гьанже вахъарав гIолохъанав лейтенант. Гьел данделъараб къо кIодо гьабулеб лахIзатги цогидазулазда релъинчIеб букIанилан бицана. Гьениб гIахьаллъи гьабизе бачIун букIанила рагъулаб армиялъул ансамбль. ГIемерисел гьалбадерилги рукIун руго аскаралъул форма ретIарал гIадамал. Гьелдаса нахъе ун буго кIикъоялда анцIгоялдаса цIикIкIараб сон. Цо нухалъ ячIарай гьоболалъ гьезда гьикъун буго щайин нужеца гьебщинаб заманаялъ цадахъ гIумру гьабун бугебан. КIияцаго цадахъ гIадин жавабги гьабун буго щайгурелъул жидее гьедин цIакъго лъикI букIунилан. Амма рагъулав хъулухъчиясул хъизаналъул гIумру гьедигIан бигьаяб букIунареблъиги лъидаго лъала. Чанги росабаздаса шагьараздаса рикIкIад гIалхуда батIибатIиял гарнизоназда росасда цадахъ хъулухъ гьабизе ккана НазихIатица. БегьичIо гIумруялъ рукъалъул гуреб, цоги хIукуматалъул хIалтIуде ине. Гьей хутIулаан жиндирго лъималгун. Амма жамгIиял ишал гIезегIан рукIана генераласул хъизаналъул. Гьей унаан рагъулаб нухмалъиялда цебе гIуцIараб тIала-агъазалъулаб советалде гьоркьое. Цогидалги офицерзабазул хъизаназда цадахъ НазихIат щолаан бестIалазул рокъое. Кумек гьабулаан ресукъал хъизамазул лъималазе, инвалидазе. Гьеб киналъулго бицунеб букIана доб заманаялъул суратазги. Гьаниб кIочон тезе бегьуларо НазихIат дол КIикIуниса МухIамад Маданилги Шарапутдин устарасулги наслуялъул гIадан йикIинги. – Дун ккола Шарапутдин устарасул дурц,– илан бицана Магьди-пашаца.– ГIумруялъ гьабичIо диналъ гьукъарабги какулебги жо. КигIанго захIматго букIаниги аскаразда хъулухъ гьабулаго иманги цадахъ бачине хIаракат бахъана. Бищунги гьесда кIочон гьечIо умумузул ватIаналде щвараб 1992 абилеб сон. КIудияб хIурматалда дандчIвай гьабун буго генераласда республикаялъул нухмалъулез. Рес щун буго дов жиндирго кIудияв эмен Магьди-хIажияв жанив гьавураб Сугъралъ росулъе щвезе. 

– Хадувги дун вачIана Дагъистаналде,– ян бицана Магьди-пашаца.– ХIажатал киналго гIадамалгун кIалъана. Анкьалъ хутIана. Гьедин байбихьана МахIачхъалаялда кIудияб мажгит базе. Хадуб гьеб иш рагIалде бахъинабизе гIоло витIана дир вац ГIабидин. Дица абуна гъосул санагIат бугин, дир гIемерал ишал ругилан. Щуго соналдаса гъоб мажгит гьабун лъугIана. Дир ракI бохулеб жо, цо буго, нмажгит гьабун лъугIана. Дир ракI бохулеб жо, цо буго, нижеца микьазаргогIанасев чиясе бакI бугеб мажгит гьабуна доба. 

Гьеб гIадатго абураб чанго рагIиялъул букIараб кIодолъи, гьелда нахъа букIарабщинаб гIалам, хадуб гIолеб гIелалда кIочон тезе рес гьечIеб цо зодобги гIодобги цураб гIадаб мисал!

Магьдида абуни, гьеб бихьулебго гьечIилан кколаан. Гьев ругьунлъун вукIана рагъулаб хъулухъалдаго гIадин, кибго халкъалъеги хъулухъ гьабизе. Генераласул ургъел буго тIаде гIун бачIунеб гIелалъул къисматалъул. Аскаразда гьабулеб хъулухъги мустахIикъаб къагIидаялъ ахиралде щун, хIалхьиялде араб мехалъ гьес гIуцIун буго Туркиялдаго рагIараб цо «Баракат» абураб гурхIел-рахIмуялъул фонд. Гьелдаго цадахъ Магьди-паша кколев вуго пачалихъалъул мурадалъулаб программаялда рекъон хIалтIулеб «Улкаялъул букIинесеб» абураб жеги гьединабго щуго батIияб фондалъул соучредительги.

Магьди-пашал жамгIиял ишазул жеги гIемераб бицине бегьула. Щибаб соналъ гьесул хIаракаталдалъун банказги ишалъулал гIадамазги гьабураб кверчIваялдалъун жидежидее бокьараб ишалъул устарзабилъун рахъинегIан кумек гьабулеб буго кIиазаргогIан лъимералъе. Гюней росулъ хIалтIулеб буго гьекъолеб лъиб цIа-рагIалъубе тIолеб фабрика. Гьениб хIадур гьабураб щуазарго щуго литраялъул бачок садакъаде бикьизе битIулеб буго Истамбул, Измир, Анкара, Бурса абурал шагьаразде.

Живго жанив гьавураб гьеб Гюнейкой росдал гIадамазулги ургъел гьабичIого яхI гьабизе кIоларо генераласда. Жигараб гIахьалъи гьабула мажгиталъул советалда гьоркьоб, жамгIиял ишазда жаниб.

Гьеб киналдаго цадахъ Истамбулалда бугеб цо цIалул заведениялда дарсал кьезеги хьвадулилан бицана Магьди-пашаца. Гьев ккола Истамбулалда турк мацIалда дагьаб цебег1ан къватIибе биччараб «Инсанасул гIамал ва хасият» абураб т1ехьалъул автор ва цо журналалъул генералияв координатор. Сайгъаталъе кьураб цо гьединаб басмаги рагьулеб бугоан генераласул каламалдалъун.

Амма жакъа къоялда Магьди-пашал рагъулаб хъулухъалъул нухдасан арав чи гьезул хъизамалъул гьечIо. ВукIана гьесул цо вацасул вас Инкир Сунгур абурав рагъулаб флоталъул полковник. Гьевги дагьав цевегIан пенсиялдеги вахъун хIалхьиялда вуго.

Генераласул жиндирго лъималазул бицани, гьел руго жиде-жидер лъикIа-лъикIал ишазадаги рукIун халкъалъеге пачалихъалъеги мустахIикъаб къагIидаялъ хъулухъ гьабулел. Цояв вас Музаферги кIицIулниги щвана Дагъистаналде.

...Жакъа Магьди-пашаги НазихIатги к1иялго ч1аго гьеч1о...

Гьезул рокъов решт1раб къояллъ аскIор ратун рукIана жидерго цояв васасул ясал ГIайшатги Аминатги. КIиялгоги цIалунги рахъун минабазул проектал ургъулел гIадамал кколилан бицана.

Бищунги рукъалъул руччабазул махшел бихьана нилъер миллияб квен-тIех гьабизе. ЛъугIун букIинчIо гьениб магIарул мацI, кавудул кIалтIе щвезегIан рачIун, гьалбадерие нух битIулеб умумузул гIадат…

Мух1амад КЪЕБЕДОВ

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

31