Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

29.08.2022 13:48 Понедельник
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ИЧIГО ЗАНИГИ НУХДА ЗИЯРАТГИ

ГЬАДИНАБГИ БУКIАНА ЗАМАН…

Радалго, къункърабазул тIел гIадин, гьаругьинан Гьонодехун сверулел рукIана машинаби. Сверелаби гIемераб нухда живго жиндасаго гIадин рази гьечIого вукIана Жамал. « Щайха нилъее гьадинал зияратал хIажат рукIарал…, -ан бетIер кIибикIана гьалмагъас.

ГЬАДИНАБГИ БУКIАНА ЗАМАН… 2008 сон

ИЧIГО ЗАНИГИ

НУХДА ЗИЯРАТГИ

ГЬАДИНАБГИ БУКIАНА ЗАМАН… 2008 сон

Радалго, къункърабазул тIел гIадин, гьаругьинан Гьонодехун сверулел рукIана машинаби. Сверелаби гIемераб нухда живго жиндасаго гIадин рази гьечIого вукIана Жамал. « Щайха нилъее гьадинал зияратал хIажат рукIарал…, щай такъсирчи ватуларев… сонги МахIачхъалаялда чIван йиго цо гIадан, гьанже руччабаздейищ ирга щвараб?»,-ан бетIер кIибикIана гьалмагъас.

Дирги гьел пикрабаз цIакъ бакIлъизабулеб букIана керен… Лъидаго бичIчIулареб, щивго хадув гъолареб, жаваб батулареб балъгояб рагъда гIадада ракьалде шапулел нилъер васазул хабар кинго къотIулеб гьечIо Дагъистаналда.

Чан сон араб халкъияв депутат Сулейманов МухIамад чIваралдаса?! Огь, доб къоялъ гьаргьадараб куц тахшагьаралъул майдан, жакъа тамахаб бакIида кIусизе рес ккарал «политиказ» керенги бухун гьа балеб букIана тушман валагьичIого теларилан. Цинги кьвагьизавуна Дагъистаналъул бусурбабазул цевехъан СайидмухIамадхIажи Абубакаров, министр ХIамид ХIамидов, чIвана генерал М. ГIумаров, машгьурал политикиял хIаракатчагIи М-С. Гусаев, З. Арухов, ХI. ГIабашилов… Унсоколо районалъул жанисел ишазул отделалъул начальник МухIамадгIали ГIалиев, гьанже ЧIарада районалъул бетIер ва гIемерал цогидалги.

Гьеб кинабго кIочон тезабулеб гIадаб хIисаб лъугьун букIана араб 2007 соналъул хаслихълъиялъул къояз Гьонода росулъги. Бер бахилав ичIго гIолилав цо лахIзаталъ цадахъ ана абадияб рокъове. БитIахъе гьеб росдада тIад рештIараб балагь жидерго рукъалъул гIадин къабул гьабуна тIолгодагъистанияз.

Гьел гIолилал рукIана цогидалго гIадинал, жидерго руссен, росу-ракь хириял, машгьурал умумузул напсги рухIги цIунизе хIадурал. Гьезул цо-цоязул улбул рихьизе бокьилаанин абидал, аскIое ячIана гIолохъанлъиялъул асар чIегIер бан бахчизабурай гIадан. Циндаго щиб абилебали лъаларого хутIана дун. Цо заманаялъ Республикаялда машгьураб «Ялгъин» совхозалъул Абубакар Чупановас нухмалъи гьабулеб букIараб комсомолазулгун гIолилазул бригадаялда гьоркьой хIалтIулей йикIана МухIамадова Муъминатги. РакIалде ккана доб букIун батилин Муъминатил унго-унгояб ракI гъурабги талихIабги заманилан.

Амма пайда щиб, битIун рос-рукъалдеги юссун, хъизан-лъималаздасаги йохун йигилан ккараб мехалъ камуна рос, лъималазе эмен. БукIаниги эбелалъ хIал лъазе течIого бачунеб букIана гIумру. Бищун хирияв вас Гьиматида хадуб букIунаан ракIги рухIги. ГIодосанго дин-исламалдехун бухьенги ккун, гьес цIалун букIана Къуръан, гьоркьоб толароан как- кIал, школалъул цIали. Гьимат цIализе лъугьун вукIана автодорожнияб институталдеги. Гьениб цо лъагIел бараб мехалъ заочноги босун, эбел кумек гьечIого теларилан, росулъе тIад вуссун вачIун вукIана. Кин букIаниги Гьиматил ракI лъикI букIинчIо ВатIаналда цебе тIадаб налъи тIубазабичIого.

- Эбел,- ан абуна цо къоялъ васас,- гьанже заочноги босун бугелъул, армиялдеги ине бегьилаанха.

Гьесие инкар гьабичIо рокъоб. ТIаде къо щвезегIан хуривеги нахъеги хьвадун вукIана вас. Цо нухалъ радал вахъарав гьес эбелалдехун абуна жиндир мугъги унтун бугин, жакъа вахъине кIолеб хIал гьечIилан.

- КIолеб батичIони, дир вас, рокъов вегунгIаги чIаха, гьедин хIал гьабун гьабизе кколеб жо гуро хIалтIи,- ян кIалъана васасда ракI барахщарай эбел.

Гьедин ана кIиго къо. Къасиялдехун сагIат анцIго тIубараб мехалъ гIадин рагьдухъ бахъана машинаялъул сас. ЯхI гьабизе кIвечIого, вахъун тIадегун, къватIиве ана Гьимат. КватIичIого рази-ракиго, даци вачIун вугиланги абун, жанивеги вачIана.

- Гьеб сордоялъ нижехъ йикIана дир якьад,- ан бицунаго захIматго цIалеб букIана Муъминатица хIухьел.- Рокъое гьей унеб мехалъ вас лъугьана, дадибабадила живги вилълъинила дур дове дацида кIалъазеян. ТIад ретIелги ретIун, гьев долда цадахъ къватIивеги ана.

- КватIугеха, дир вас, рокъове,- янги абун, нухда лъуна гьеб чIегIераб сордоялъ

Муъминатица вас.

- КватIиларо, эбел, кватIиларо,- янги абулаго ана Гьиматги…

КIодоэбелалъул дова вас ватилилан ракI парахалъун йикIана эбел. Гьеб заманалда абуни, росу бахун къватIибехун ахикь жанир данделъизехъин рукIана жакъа-метер ВатIаналда цебе налъи тIубазабизе ине ругел гIолилал. Гьезда гьоркьов вукIана Хъараев МухIамадил вас Шамилги.

Росулъ гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, гьев вукIана МахIачхъалаялда, хьвадулев вукIана шагьаралъул спортзалалде гугаризе. Гьоркьов-цеве васасухъе щолаан эменги. Цо къоялъ гьедин щварав гьесда тренерас абула:

- МухIамад, дур гьав Шамил, лъикIав васги вуго, гъорлъе ккезе хIаракатги бахъулеб буго. Амма гьасул цIайи гIураб гьечIо, гьеб бахине ккола 50 килограммаялде. Дуда лъалаха тIаде щолеб буго кIал кколеб моцI. Как барев чияс кIал кквечIого толаро. Гьединлъидал цодагьаб заманаялъ дуца гьав вас росулъе ваче. ХIаракатги бахъе васасул чорхол цIайи цIунизе,- ян.

Гьедин вачIун вукIана росулъе Шамилги. Гьев хьвадулаан мажгиталде, кIочон толароан шагьаралда рукIарал тренировкаби. Бицанихъе, циндаго Шамилихъеги бачIун буго райвоенкоматалдаса повестка. Цо къоялъ рокъовени щун, гьес абула армиялде инее ругел гIодобчIей гьабизе бокьун бугилан. Амма вассул эмен МухIамадица бицана циедаго жив гьеб гIодобчIей гьабизе бугилан абураб жоялда разилъулев вукIинчIилан. Гьес васада абулеб букIун буго гьеб кIал кколеб моцI лъугIараб мехалъ гьабизе тейилан. Шамил абуни лъугьун вуго цо-цоял армиялде цереккунго ине ругелъул, хадур жал кидал данделъизе ругелилан. Жал росу бахун къватIир, тIабигIаталда гIодор чIезе ругиланги абун, рокъоа къватIиве ун ватун вуго инсуда вас…

- Байбихьуда гьедин данделъарал гIолилазда гьоркьов вукIун гьечIо ункъояв: Маликги, Рашидги, ХIажимурадги, Гьиматги,- ян бицана хадубги Хъараев МухIамадица.- Радакье кваналеб жоги лъугIун, чадида хадур щварал дир вас Шамилидаги гьалмагъасдаги рихьун руго росулъ жанир машинагун тирулел гIадамал. Цин добаса, цин гьаниса баккарулеб бугеб гьелъ щаклъи бижизабун буго гIолилазул. ЧIечIого телефоналъ ахIдолев вукIанила Шамил гьаб пункталдаса ракканин, гьаниса тIаде унел ругин, щайтIаби гIадин цереса-цере тIагIунел ругин… Хадубги кин лъарабали, воре гьазухъ ярагъги бугин, цIунеянги ахIун бугила. Гьеб мехалъ дир вац Маликиде Шамилица ахIун буго росулъ вукIарав гьесул хъизамалъул вац, участкаялъулав испектор Рашидида абейин, росулъе батIиял чагIи рачIун ругилан.

Цо азбаралда руго дирги Маликилги минаби. Дун каки чуризе къватIиве вахъараб мехалъ рогьалил как ахIизе чанго сагIат хутIун букIана. Вацасул чIужу ахIдон ячIана цо машинаби ругин гьагъара яргъил цIурал гIадамалгун абун, ахIдон Шамилги вачIун, Маликги Рашидги анилан, жиндие гьезул ургъел бугилан. ГьебсагIаталъ какиеги чурун, какде нахъвуссун щвелилан вилълъана дун гьеб талихIкъосараб бакIалде. Цо ичIго-анцIго чиги щун ватана гьениве, цохIо дир вас, жеги рухI цIалеб букIанилан, Къородисезул кьодухъе больницаялде вачун ватана. Нухдаго гьевги хун вугоха…

- Дида гьеб хабар лъана къаси лъабго тIубараб мехалъ,-ан бицана Гьонода росдал бетIер Мирзоев МухIамадица.- Лъеберго-кIикъого гIанасев чигун цадахъ къватIире рахъана ниж. БитIахъе гьанжегицин ракIалде щвезабизе хIинкъараб хIал букIана гьениб.

КIал кколеб моцIги тIаде щун, армиялде тIоритIулел лъималазе рекIелгъеялъе ахикье ун рукIана гIолилал. Росулъе рачIунел гьезда рихьун руго щакал машинаби. Гьезда хадур лъугьун, чIезе гьарун руго. Хадуб гьениб ккараб киназдаго рагIана.

- Гьадаб сордоялъ кин-щиб ккарабали жакъа къоялдаги ниж хадур гъечIо,- ян угьдана нахъеги эбелалъул ракI,- дир васасухъ телефонги букIинчIо, рокъоб тун букIана. Дунги йикIана Гьимат имгIаласухъ ятилилан… Радалиде… Вай-аман, Аллагьилан лъугьана бухIараб магIу гурони, нахъ буссинабизе рес щоларей эбел…

Гьедин, араб 2007 соналъул сентябралъул ахиралда Гьонода росулъ ичIго рокъоб рещтIана дагъистанияздаго кIочон толареб балагь. Бищун захIматаб жо, загьирлъичIого хутIана бидулал. Росулъ щакал гIадамал тирулел ругилан ахIдолаго чIварав Шамилил эмен Хъараев МухIамадица абуна Гьонодаса гIодобе шагьранухде щвезе жидер машинаялъгицин бащдаб сагIаталде гIагарун заман балилан. Дол хъурумсахъазул машинаги боржун ун батиларогуриян. Нилъер участкаялъулал инспекторал гьечIеб росуги гьечIо…Щиб гьабилеб, гьелъие жаваб кьолеб заманги бачIинеб батила.

Гьеле гьединаб цIар лъезе захIматаб балагьалде гъоркье ккараб, ичIго гIолиласул рухI бахъараб, бухIараб бидул махI лъугIинчIеб, кьурул ракьанда эхетун буго гьанже зиярат. Гьеб рагьулеб къоялъ тIаса гIодоре рачIун гьонодисезги гъоркьатIаде щварал гьалбадерицаги цIун букIана шагьрамухъ. ГIодобе биччараб гурони гьениб гаргар букIинчIо. ГIемерисезул бадиса ццидал кьер лъугIун букIинчIо.

- Гьале Гьонодаса МухIамад-аминил зияраталде тIаде цоги зиярат загьирлъана,- ян байбихьана районалъул имам Каримулла-хIажияс.

- Жакъа нилъер буго пашманаб къо, Гьонода росу машгьураб буго имам Шамилил наиб МухIамад-амин гIадал гIадамаздалъун. Гьевго гIадинав гьанив шагьидлъарав ичIго бахIарчияв вас гIезавуралъухъ нужее баркала,- ян кIалъана «Гъуниб район» муниципиалияб гIуцIиялъул бетIерасул заместитель Шайхалов ГIумар.

Киназдаго бичIчIана республикаялъул бусурбабазул идараялъул вакил ШагIбаг-хIажияс: « Заз къарасда гурони унтуларо»,- ян абурал рагIабазул магIна.

- Нилъее цIакъ баччизе кIолареб жо ккана, ян кIалъана росулъги шагьаралдаги гIумру гьабулел гьонодисезул рахъалдасан ГIалибулатов Асадулагь.- Доба кибалиго Китаялда камурав цо-кIиго гIурусасул улкаялъго бицана. Амма гьанив балагьалде ккарав ичIго гIолиласул хабар хехго къотIизе тана. Гьезда гьоркьов вукIана лъабго-ункъо бестIалав… Къо анагIан унтулеб букIине буго нилъеда росдае ккараб ками.

Хадур гьениса рахъун, данделъарал щвана росдал хабалазулъе, мажгиталда гьаруна вагIзаби, бачана зикру, батIи-батIиял росабалъа рачIараз загьир гьабуна жакъасеб гIумруялда кколел тIадехун рехсарал гIадал вахIшиял ишазда тIасан рахIатхвей.

Амма пайда щиб, гьеб киналдаго нахъа хутIана цо къоялъ эхетизе ккараб ичIго зани, Дагъистаналдаго ахIи бараб ичIго цIар:

I.Малик-хIажи Хъараев.

2. Рашид СултIанбегов.

3. МухIамад ГIабдурахIманов.

4. МухIамад Гьиматов.

5. МухIамад ГIабдулхIамидов.

6. ХIажимурад ГIамирханхIажиев.

7. Гьимат Сатаров.

8. Шамил Хъараев.

9. СултIанмурад МухIамадов.

Гьанже балагьеха нужго гьазул беразухъ, нилъеда хадуб хутIараб бецIизе кIолареб налъи бихьизе. Зияратни гьезие рагьана…

МухIамад КЪЕБЕДОВ

19 декабрь 2008 сон.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

33