Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

02.09.2022 20:52 Пятница
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Майсарат МУСАЕВА: «Ракьалги гIун рукIунаан нижер гIадамал…»

Майсарат Мусаевалъул эмен Камил ГIусманхIажиев 1972-1976 соназда хIалтIана Гъунив РОВДялъул начальниклъун. Гьелде щвезегIан гьев вукIана республикаялъул лъадал милициялъул нухмалъулевлъун (гьанжесеб Рыбнадзор), хIалтIана ОБХССалда.

Гъунив нальниклъун хIалтIулелъул, Камил щвечIеб росу хутIун букIун батиларо районалда. Хъата-масан жанир тIамун такъсирчагIигун, жиндиего цIар балагьун, сундулниги ахIи бахъинабизеги гIедегIулароан гьев. Гьелъул гIаксалда, чи битIараб нухде ккезавулеб хабар бицунаан.

Гара-чIвари

Майсарат МУСАЕВА: «Ракьалги гIун рукIунаан нижер гIадамал…»

ДАССР гIуцIаралдаса 100 сон тIубаялда хурхун къватIибе биччалеб «Гъуниб» журналалъул номералъе Ругъжаса этнограф, тарихиял гIелмабазул кандидат Майсарат Мусаевалъулгун гара-чIвари гьабизе ракIалде ккана дида, интервью кьезе кигIан гьей намуслъун йикIаниги.

Щайин абуни гьаб нусго соналда жаниб нахъа тараб районалъулги республикаялъулги тарихалъулъ хасаб бакI ккуна гьелъул хъизаналъулги умумузулги къисматалъ. Советияб хIукумат гIуцIулелъул росдаца пайда босана гьезул мал-мулкалдаса, гьел гIахьаллъана НЭПалъулъ, камуна КIудияб ВатIанияб рагъулъ, бечед гьабуна тарихияб гIелму. Гьедин, масала, Майсарат Мусаевалъул вас МахIач ккола культурияб ирс нахъе цIунун хутIизелъун гIуцIараб ДРялъул Агентствоялъул нухмалъулев (гьелде щвезегIан РАНалъул ДФИЦалда цебе рагьараб тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул директорлъун вукIана гьев).

Майсарат Мусаевалъул эмен Камил ГIусманхIажиев 1972-1976 соназда хIалтIана Гъунив РОВДялъул начальниклъун. Гьелде щвезегIан гьев вукIана республикаялъул лъадал милициялъул нухмалъулевлъун (гьанжесеб Рыбнадзор), хIалтIана ОБХССалда.

Гъунив нальниклъун хIалтIулелъул, Камил щвечIеб росу хутIун букIун батиларо районалда. Хъата-масан жанир тIамун такъсирчагIигун, жиндиего цIар балагьун, сундулниги ахIи бахъинабизеги гIедегIулароан гьев. Гьелъул гIаксалда, чи битIараб нухде ккезавулеб хабар бицунаан. Гьедин гIезегIан гIадамал хвасар гьаруна гьес тIекълъиялдаса. Гьанже гьезул цо-цоял лъикIаб хъулухъ-ишаздагицин руго», — ян ракIалде щвезабуна ГIалиасхIаб Хархачаевас.

Инсулги цогидал умумузулги хIакъалъулъ Майсарат Мусаевалъ жинцаго бицараб хабаралдаса цо-цо кескал кьолел руго гъоркьехун.

Умумул

Дир эбел-инсул цадахъаб гIумру Унсоколосан байбихьана. Хъизан гьабун хадув эмен гьениве витIун вуго милициялда хIалтIизе.

Гьеб мехалда гьев экономистлъун Ростовалъул пачалихъияб университеталда заочно цIалулевги вукIун вуго. Цо нухалда сессия кьезе унелъул, инсуца эбел жиндирго эбелалъухъе Ругъжае йитIун йиго. БитIун дун гьайизе тIаде къо щвараб мехги букIун, росулъе щун заманго балалдего гьений гьаюн йиго дун.

Хадусеб гIумру шагьаралда ана дир. Амма каникулазул заманалда эбел-инсуца дун Ругъжае кIудияй эбел ГIарабатIинада аскIое йитIулаан. Гьелъие цIакъ хирияй йикIана дун.

ГIарабатIина – ислам баккун хадуб бачIараб цIар буго гьеб. Нижер умумулги диниял чагIи рукIун руго. Эбелалъул ункъгIал Аймесейица бицунаан некIо заманалда росулъ аслияб мажгиталъе кьучI лъурав чи нижер кIудияв инсулги кIудияв эмен ГIиса-дибир вугилан, «росдал мажгиталда бикIун цIар хъварав, гIандалазул наиб – ГIиса-дибир» йилан кочIолъгицин рехсолаанила гьев.

Дир инсул кIудияв эмен ГьитIинавас вукIун вуго росдал дибир. Гьединлъидал гьесда гьеб цIарги рекIун буго — ГьитIинавас-дибир абун.

Гьев вукIун вуго гIезегIан рес бугев чиги. НЭПалъул заманалда гIи-боцIиги бичун, росулъ тукен рагьун буго кIудияв инсул инсуца (ГьитIинавас-дибирица). Амма дагь-дагьккун НЭП ахиралде щведал, къан буго гьеб тукенги, кутакалда ракIбуссун ГьитIинавас-дибирги вукIун вуго. Гьанже нахъа ункъгIалалъ бицунаан советияб власталда ццим бахъарав гьес гохIдаса гьоркье балагьизабун бугила гIарцул цIураб таргьаги лъица кигIан налъи жиндие кьезе бугебали жаниб хъвараб тетрадьги.

Дир инсул эмен ккола ГIусман-хIажи. Гьесул рукIана Зиявудин ва ГIиса-дибир абун вацалги, Аймесейги ГIайишаги абун яцалги.

ГIусман-хIажи цо заманалда Гумбеталда адвокатлъун вукIун вуго. Рагъда цересел соназда гьев судалда, Зиявудин финотделалда хIалтIулел рукIун руго. Пачалихъиял идарабазда хIалтIулел ругилан рокъор чIезе ихтияр букIаниги, кIиявго вац, жидеего бокьун гIарзаги хъван, ун руго фронталде. Цинги ГIусман-хIажи тIагIун вуго (араб бакI лъачIого). Зиявудин чIван вуго I943 соналда.

Къороллъуда хутIани, росасе унароан

Рос хун яги чIван хутIарай гIадан (хасго лъимерги бугони), гьев чиясул вацас ячунеб гIадат букIана нилъер гьаниб. Сорорат/ливерат абула гьеб гIадаталда. Сорорат ккола хварай яцалъул росасе цогидай яц ячин. Ливерат – хварав вацасул лъади цогидав вацас ячин. Гьединал ригьнал гьарулаан хъизаналъул буголъи/бечелъи чияе къватIибе инчIого букIиналъе гIологи, яцалъул/вацасул лъималазда бесдал эбел/эмен рихьичIого рукIиналъе гIоло. Гьедин росасе ун бажарулеб гьечIони, рос хведал, къороллъуда хутIарал руччаби нижер дора росабазе унел рукIун гьечIо. Рос хун хадур кIиабизе росасе унеб гIадатго букIинчIо нижер. Лъималги хьихьун, росасул чагIазда цадахъ чIолаан.

ЯцгIал-вацгIалзабазда гьоркьор ригьнал гьари некIо Европаялдаги гIадатлъун лъугьараб жо букIана.

ГIадатазул (хасго ригьнал гьариялъул) рахъалъ нижер росу кутакалда жиндирго хаслъи цIунараб бакI буго. Дун росасе кьолеб мехалдаги дир эбелалъ, бакIарун тIубараб тухумгун, лъазабулеб букIана бегьулищ дун гьеб бакIалде кьезе, бегьуларебищали.

ПалхIасил, дир эбелалъул эбелги гьаюн йиго гьединаб хъизаналда. Болач абурав вац хведал, гьесул йикIарай лъади ПатIимат ячана ГьитIинавас-дибирас. Гьединлъидал дир эбелги эменги цоцазе яцгIал-вацгIал гурелги, цинагIалзабиги кколаан.

Амма дир эбел гьитIинго бесдаллъун йиго, эбел-эменги хун.

Бахуги Камилги

Баху букIана эбелалда цIар. ЦIакъ пахруяй, чIухIарай, берцинай, кутакалда рекъезабун ретIа-къазе бокьулей гIадан йикIана гьей. Нужер инсуца жий культурный чIужу йикIиналъ ячаниланги абулаан нижеда. ХIакъикъаталда инсуца гьедин абунги рагIула, жив шагьаралда гIумру гьабулев чи вугин, жиндие культурный чIужу къваригIун йигилан (дир инсул хъизаналъул чIей Гъуниб букIун буго, цинги школа лъугIун хадув цIализе Россиялде ун вуго эмен).

Эбел-инсул цого яс йикIиналъ, хуриб-ахикь захIматаб хIалтIи малъулеб букIун гьечIо гьелда. Эбелалъул цо вацги вукIана – МухIамад, ралъдал офицер. Гьединлъидал гьес жиндие Европаялдасаги цогидал бакIаздасаги сайгъатал рачIунаанин бицунаан эбелалъ.

Дир эменгун данделъун хадубги гIезегIан парахатаб, гьарзаяб гIумру букIана эбелалъул. Мебель бичулеб тукадулги, «Берёзка» тукадулги директор кколаан гьей. Цо заманалда нижер рокъой Тося-ункъачо абун, рукъ-бакI бакIарулей, лъимал хьихьулей гIадангицин йикIана. Эмен лъадал милициялъул начальниклъун хIалтIулеб мехалда нижехъе рачIунаан батIи-батIияб миллаталъул, батIи-батIияб хъулухъ-ишалъул чагIи. Гьединлъидал гьезие гьаризе кколаан магIарухъ рукIунарел гIадал, чIухIа-чIухIарал квенал.

Бергьараб гIакъиллъи букIана дир инсулъ. Гьелъие цо мисалги бачинин.

Цоцазда тIасан анонимкабиги хъвалеб, мацIалги гьарулеб замана букIана доб. Гьедин инсуда тIасанги чорокаб кагъат хъварав чи вачIана цо нухалда кумек гьарун нижер рокъове. Гьединав чиясеги кумекищ гьабулеб абун, рази гьечIого йикIана эбел. Гьеб мехалда инсуца гьелъие жаваб кьуна тIокIаб батIияб рес букIарабани, гьев жиндихъе вачIунароанила. Гьединлъидал жив гурони хутIун ватиларила гьесие кумек гьабулев чи.

Экономисталъулги юристалъулги бакIалда этнографлъун яхъана

Эбел-инсуе къваригIун букIана дун экономикияб факультеталда цIализе лъезе. Гьелъие гIоло цо хасал чагIазулгун къотIи-къайги гьабун буго инсуца. Доб мехалдаги букIана къотIи-къаял гьарулеб гIадат – гIарцудалъун гуребха, лъай-хъваяздалъун.

Яги мединституталде цIализе бегьулинги чIун рукIана эбел-эмен. Амма лъикIай тохтур яхъинаан дир, цIалун йикIараяни. Дида кутакалда лъикI ракIалда чIола дарабазул цIарал, гьезул хаслъаби. КIиго нухалда диагнозги лъуна дица цо унтаразе. Гьеб битIунги батана.

ПалхIасил, экономикияб факультеталде дир документалги кьун, эбел Гъуние ана. Гьоркьоб заманго иналде гьениса нахъеги росун, дица гьел тарихалъул факультеталде кьуна. Эбелалда гьеб лъайдал, кутакалда рази гьечIого кIалъана гьей дида. Гьалейин, Гъуниб милициялъул начальникасул яс киениги цIализе йорчIичIилан, гIадамаз рогьрал разе ругилан рахIатхун лъугьана гьей. Гьеб факультеталда цебеккун къотIи-къай гьабун гьечIелъул, дун гьение цIализе йосилариланищ гьелда кколеб букIарабалиха. БитIун гьеб мехалда эменги командировкаялъ Сочиялде ун вукIана. Гьединлъидал дида ццим бахъун, эбел экзамен кьезе цадахъги йилълъинчIо. Амма дие ракIчIараб «ункъил» ккана.

ПалхIасил, тарихалъул факультеталдаса хадуй дун ДНЦялде тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталде хIалтIизе ячIиналъе сабаблъун ккарав чи вуго МухIамадмирза МухIамадмирзаев. Гьев ккола нижер эбелалъулгун инсул вацгIалги, жиндир квербакъиялдалъун РАНалъул ДНЦялда цебе Гъуниб мугIрузулаб ботаникияб ах (Горно-ботанический сад) рагьарав къватIисел улкабаздагицин машгьурав генетикги.

Дагьаб мехалъ дун хIалтIана археологазда цадахъ. Амма моцIаз гIалахги авлахъалги рухъа-хъвалел рукIун, хъизан-рукъалда ругел руччабазе данде кколеб пиша батичIо дида гьеб. Гьединлъидал дица нух босана этнографиялдехун. Гьениб дие кутакалда битI ккана дие гIелмияй нухмалъулейлъун Сакинат ХIажиева ккеялъ (I958-I988 соназда этнографиялъул отделалъул заведующаялъун йикIана – авт.).

Ругъжаса йикIиналъ йигин мун гьединай речIа-регIарай (борзая), нужер дора ракьалги гIемерал рукIун, ракъиги бихьичIого, нужеего бокьараб гурони гьабичIого гIурал чагIи ругин нуж, ругъежилан, йикIунаан гьей. ХIакъикъаталда, гIемерал ракьалги кулабиги руго ругъеждерил. Ракъиги бихьичIо гьезда. Сверухъ росабалъа чагIазе гIарцул жалазухъ хисулаан гьез чед. Гьединлъидал гьел ракьалги гIун рукIунаан нижер гIадамал, хъулухъ гьабизе, яги бетIербахъиялъе кирениги къватIирехунги инчIого.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

116