Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

03.09.2022 22:12 Суббота
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

САЛАМГУН САГ1ИД Ч1ИК1АСА...

КигIанха цIакъ дун вохарав ЧIикIаса Устарас, хадуб гьес абун КъулецIмаса ГъазимухIамадица дир цIаралда кагътал рачIараб мехалда. ГIемераб жоялъул пикру гьабизе тIамуна... РакIалда буго дол советияб заманаялъул соназда Гъуниб районалъул «ЦIияб канлъи» газеталда бахъун букIараб, балъго устарзабазухъеги хириял бакIазде зияратазги хьвадулел гIадамал къватIир чIвазарун, гьел какун хъвараб макъала. Гьениб чIегIераб сияхIалде гьоркьоре рачаразда гъорлъ дагьаб букIинчIо къородисезулги къадар. Гьединаб букIана заман. Гьанже…

"КЪОРОДАСА Г1АБДУЛГЪАПУР" абураб т1ехьалдаса харбал Цебераг1иялъул бак1алда. Ассаламу гIалайкум МухIамад! Щвана дур кагъат.ЦIалана ва мурад босана. Жидер даражаби тIадегIанлъаял дол (Къородаса ГIабдулгъапур ва ГIалиязул МухIаммад. Авт.) гIалимзабигун дун дандчIвачIо. Дол рукIараб заманалда дунги гьитIинав жагьилав чи вукIана. Амма дида гьезул бицен батана дун тIарикъаталде лъугьараб мехалъ муридзабазда жаниб.Дол рукIана иршадалъул макъамалда ругел кутакалда камилал гIадамал.Гьанже дидасан байбихьун дозул бакIалда лъезе бегьулев чи хутIун гьечIин абуниги мекъса ккеларо. КъулецIмаса ГъазимухIамад абурав чиясда дица тIад къан буго дозул (ГIабдулгъапурил…) лъалеб жо духъе хъван битIеян. Гьев долгун дандчIварав чи вуго. ТIекьадерил жамаг\аталъулги ратизе ккола гьединаб хабар лъалел чагIи. Къелеса ГIусман, Гьандихъа МутагIеласул МухIамад, гьездасаги тIалаб гьабизе бегьила. Хадусан дицагоги гьединал гIадамазда цIехон дуе кумек гьабила. Мун гьеб тIехь хъвазе гIедегIуге, гIодове виччан гьабе гьелъул хIалтIи. Дун дагьав жавабалъе кватIана, тIасаги лъугьа. Саламгун СагIид ЧIикIаса. 24 декабрь 1998 с. -Микьабилеб декабралда рузманалдаса вахъунаго цо чангояс абуна мун СагIид устарас цIехолев вугилан,-илан хъвалеб буго КъулецIмаса ГъазимухIамадицаги.- КъватIив вахъаравго «цIакъ лъикI кканин мун вихьи»,- янги абун Устарас цIехана Къородаса ГIабдулгъапур лъалаанищ дудаян. Лъалааниланги абун, гьев мубаракасул хIакъалъулъ дидаго лъалел жал рицине дун лъугьараб мехалъ Устарас дихъе кьуна дур адрес… Гьедин ккана байбихьи.КигIанха цIакъ дун вохарав ЧIикIаса Устарас, хадуб гьес абун КъулецIмаса ГъазимухIамадица дир цIаралда кагътал рачIараб мехалда. ГIемераб жоялъул пикру гьабизе тIамуна... РакIалда буго дол советияб заманаялъул соназда Гъуниб районалъул «ЦIияб канлъи» газеталда бахъун букIараб, балъго устарзабазухъеги хириял бакIазде зияратазги хьвадулел гIадамал къватIир чIвазарун, гьел какун хъвараб макъала. Гьениб чIегIераб сияхIалде гьоркьоре рачаразда гъорлъ дагьаб букIинчIо къородисезулги къадар. Газеталде хъвадарулев чи дунги вукIун, гьелъул щаклъи диде кколеб букIана. ХIатта рокъоре рачIунгицин бадирчIваял гьаруралгицин ккана. Дица гьеб ахIмакъаб ищ гьабичIилан кигIан ахIи баниги гьелда божулев чи ккечIо. Гьединаб букIана заман. Гьанже…

Мух1амад КЪЕБЕДОВ

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

23