Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

07.09.2022 20:33 Среда
Категории (2):
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

СТАЛИНИЦА ДАНИЯЛОВАСДА АБУНА…

…Ункъо сордо-къо бана ГIабдурахIманица «Москва» гостиницаялъул номералда, тIадго ретIел-хьитгун. Кидадай жив Кремлялде вачине рачIинаян балагьун.

Партиялъул нухмалъулез Политбюроялде Сталинихъе гьаригун вачIине кумек гьабуна ва сагIат кIигоялда гьесда хадур рачIана.

Приемныялда Сталинил секретарь Поскребышевас Данияловасе анкьго минут кьуна. Анкьго минут кьун букIана Дагъистаналъул халкъ хвасар гьабизе. ГIабдурахIманица Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал бицана…

Сталиница гьесухъги гIенеккун аскIор ругезда абуна:

– Щибдай абилеб бакъбаккул улкабазул халкъаз дагъистаниял гочинаруни?

ТIоцеве кIалъана Молотов:

– Гьалмагъ Сталин, гьез Россиялъул хIакъалъулъ цIакъго квешаб пикру гьабизе буго. Ворошиловасги гьесул рахъ ккуна…

СТАЛИНИЦА ДАНИЯЛОВАСДА АБУНА…

Гьеб букIана 1944 сон. Фронт гIагарлъулеб букIaнa нилъер бакътIерхьул гIорхъабазде. Гьеб мехалъ дун (ВКП (б)-ялъул Гъуниб райкомалъул секретарьлъун вукIана. Цо нухалъ марталда, сардилъ дир кабинеталда телефоналъул гьаракь бахъана. Дица трубка босана ва ГIабдуpaxIманил гьаракь лъана.

Гьес дихъ гIарац бугищан цIехана ва бугин абураб мехалъ хехго МахIачхъалаялде вачIаян axIaнa. Радалиде гьениве щварав дида ГIабдурахIман цIакъ рахIат хун ватана. Гьев Москваялде ине къачIан вугоан.

– Сундуе гьединаб гIедегIи? – ян цIехана дица, щиб бугониги квешаб лъугьа-бахъин ккун букIинги бичIчIун.

– ГьабсагIат щибниги абизе кIоларо, – ян жаваб кьуна гьес – кватIичIого дудаго лъала. ХIадур вукIа, цо-кIиго моцIидаса нилъ Каспиялъул доб рахъалде рехизецин бегьула.

Дида хадуб лъана, партиялъул нухмалъулезул цояс ахIун букIин цо-цо Кавказалъул халкъ гочинабизе хIадурлъулел ругилан. Гьес ГIабдурахIманиде Москваялде вачIаянги абун буго. Анкьида жаниб гьес кIал щвезабуна Маленьковасде, Ворошиловасде, Калининиде ва гьез paгIи кьуна дагъистаниязул суал гьоркьобе бачIани, кумек гьабилилан.

Ункъо сордо-къо бана ГIабдурахIманица «Москва» гостиницаялъул номералда, тIадго ретIел-хьитгун. Кидадай жив Кремлялде вачине рачIинаян балагьун. Партиялъул нухмалъулез Политбюроялде Сталинихъе гьаригун вачIине кумек гьабуна ва сагIат кIигоялда гьесда хадур рачIана.

Приемныялда Сталинил секретарь Поскребышевас Данияловасе анкьго минут кьуна. Анкьго минут кьун букIана Дагъистаналъул халкъ хвасар гьабизе. ГIабдурахIманица Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал бицана. Бицана рагъул заманалда дагъистанияз жалго лъикI рихьизариялъул, жидергоги захIматаб хIал бугониги, оборонаялъул фронталде 350 миллион гъурущ кьеялъул ва гьеб гIарцуде гьарурал авиаэскадрильязул ва танкабазул колоннабазул. Фронталде арав 130-азарго чиясда гьоркьоса 40 чи Совет Союзалъул бахIарзаллъун рахъун рукIиналъул. 140 азарго чияс окопал рухъулел рукIиналъул. Сталиница гьесухъги гIенеккун аскIор ругезда абуна:

– Щибдай абулеб бакъбаккул улкабазул халкъаз дагъистаниял гочинаруни?

ТIоцеве кIалъана Молотов:

– Гьалмагъ Сталин, гьез Россиялъул хIакъалъулъ цIакъго квешаб пикру гьабизе буго. Ворошиловасги гьесул рахъ ккуна:

– Дагъистаниял руго, «БагIараб Дагъистаналъе» абун автографги лъун, Владимир Ильич Лениница жиндирго сурат кьураб цохIого-цо халкъ, дида дирго беразда бихьана Советияб власталъе гIоло Деникиниде данде гьел рагъулел рукIараб куц.

Цинги вахъана Калинин:

– Дунин абуни вукIана дагъистанияз хIалтIулъ рихьизарурал гьунаразул нугIлъун. Гьеб буго ЗахIматалъул БагIараб Байрахъалъул орден щвараб тIоцебесеб республика.

Сталиница лъабазухъго лъикIго гIинтIамуна ва Данияловасде абуна:

– Гьалмагъ Даниялов, цIиял ракьал хIалтIизариялда жалго рихьизаризе кIолищ дагъистаниязда? КIолилан жаваб рагIараб мехалъ Сталин столалде аскIове ана, гьениса тIамачги босун, Дагъистаналъул цIаралда тIасан мухъ цIана. Гьеб мухъ цIалаго гьесул къалмил тIогьел бекана.

– ИяхI, унго цIакъ къвакIарал чагIини рукIун руго гьал дагъистаниял, дир къаламгицин бекана гури гьез, – ян велъулаго абуна гьес.

ХI-ГI. ДАНИЯЛОВ, профессор

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

29