Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

  • Всего материалов:
    16
  • Самый ранний:
    17.08.2022
  • Самый поздний:
    09.09.2022
07.09.2022

СТАЛИНИЦА ДАНИЯЛОВАСДА АБУНА…

…Ункъо сордо-къо бана ГIабдурахIманица «Москва» гостиницаялъул номералда, тIадго ретIел-хьитгун. Кидадай жив Кремлялде вачине рачIинаян балагьун. Партиялъул нухмалъулез Политбюроялде Сталинихъе гьаригун вачIине кумек гьабуна ва сагIат кIигоялда гьесда хадур рачIана. Приемныялда Сталинил секретарь Поскребышевас Данияловасе анкьго минут кьуна. Анкьго минут кьун букIана Дагъистаналъул халкъ хвасар гьабизе. ГIабдурахIманица Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал бицана… Сталиница гьесухъги гIенеккун аскIор ругезда абуна: – Щибдай абилеб бакъбаккул улкабазул халкъаз дагъистаниял гочинаруни? ТIоцеве кIалъана Молотов: – Гьалмагъ Сталин, гьез Россиялъул хIакъалъулъ цIакъго квешаб пикру гьабизе буго. Ворошиловасги гьесул рахъ ккуна…
06.09.2022

Рагъдаса кагътал

Дагъистаналдасан бокьун араца, БитIизин цо салам тIадмагIарухъе. Жаниб салам хъвараб сверун къачIараб, Сайигъат битIизин чIохъдол ясазе. Совет Союзалъе хIажатаб къоялъ, КъватIир рахъараца хъвазин рисалат, Рагъулаб техника кодоб босизе, Кодоб ярагъ ккураз битIизин салам. Тушмангун рагъизе гъира ккун араз, Аваристаналде хъвазин цо кагъат. Хириял ясал тун Тифлисги сверун, Тункана машина Авчалиялда. Электрикалъул токалъ бачунеб, Товарный букIана ниж рекIараб жо. Нижей рагIад гьабун гьаваялдасан, Самолет камичIо кидаго тIасан. ТIолабго Дагъистан – Шамилил васал, Щибаб городалда геройлъун чIела. Гьалмагъ Сталинид гьабураб тIадкъай, Кидаго нижеда кIочене гьечIо... Дандияб фашизма щущазе гьабун, Щвела магIарухъе ниж кватIичIого.
05.09.2022

Цель общая — выздоровление

Гуниб известное место в Дагестане, здесь Роза Султанова родилась, окончила с золотой медалью школу, отсюда поехала в Махачкалу и поступила в медицинскую академию, которую тоже окончила с красным дипломом. «Сложно ли учиться в медицинском? Да, я должна признать, что это нелегко. Все учатся четыре года, а ты — целых шесть лет! То ещё испытание!»- вспоминает Роза.
03.09.2022

САЛАМГУН САГ1ИД Ч1ИК1АСА...

КигIанха цIакъ дун вохарав ЧIикIаса Устарас, хадуб гьес абун КъулецIмаса ГъазимухIамадица дир цIаралда кагътал рачIараб мехалда. ГIемераб жоялъул пикру гьабизе тIамуна... РакIалда буго дол советияб заманаялъул соназда Гъуниб районалъул «ЦIияб канлъи» газеталда бахъун букIараб, балъго устарзабазухъеги хириял бакIазде зияратазги хьвадулел гIадамал къватIир чIвазарун, гьел какун хъвараб макъала. Гьениб чIегIераб сияхIалде гьоркьоре рачаразда гъорлъ дагьаб букIинчIо къородисезулги къадар. Гьединаб букIана заман. Гьанже…
03.09.2022

РАЧIА ШУЛАНИРЕ, ЩВА ХОБАЛАЗУЛЪ ИСМАГIИЛ ДИБИРИЛ ШАФАГIАТ ЩВЕЗЕ

Берцинаб хатIалъ, хъвадаризе бугеб махшелалъ ва гъваридаб лъаялъ ИсмагIил Дагъистаналда доб заманаялъ рикIкIунаан бажари бугел гIалимазул цоявлъун. ТIоцебе гьес магIарул мацIалде буссинабун басмаялде бахъана Ибн ХIаджар Аскаланил «МунаббихIат» абураб тIехь. Хадуб Ибрагьим Буджурил «Абу Шуджа» абулеб тIехь магIарулазе цIализе ва бичIчIизе бигьалъизе «ШаригIаталъул хIукмабазул баян»- абураб цIаралда гъоркь бахъана. Туркаби ва назмаби хъван гурелги. наслабазе ИсмагIилица нахъе тана астрономиялъул, тIабигIат лъаялъул, бакъ-моцIалъул гIелмиял тIахьал.
02.09.2022

Майсарат МУСАЕВА: «Ракьалги гIун рукIунаан нижер гIадамал…»

Майсарат Мусаевалъул эмен Камил ГIусманхIажиев 1972-1976 соназда хIалтIана Гъунив РОВДялъул начальниклъун. Гьелде щвезегIан гьев вукIана республикаялъул лъадал милициялъул нухмалъулевлъун (гьанжесеб Рыбнадзор), хIалтIана ОБХССалда. Гъунив нальниклъун хIалтIулелъул, Камил щвечIеб росу хутIун букIун батиларо районалда. Хъата-масан жанир тIамун такъсирчагIигун, жиндиего цIар балагьун, сундулниги ахIи бахъинабизеги гIедегIулароан гьев. Гьелъул гIаксалда, чи битIараб нухде ккезавулеб хабар бицунаан.
31.08.2022

Д И П Л О М А Т

Гъизляралде щвараб мехалъ АхIмадица дун цоги батIияб машинаялда рекIине виччачIо. Ниж церего цоцада лъалелги рукIана. Гьелъул гIайибияв чи вукIана мунагьал чураяв ЧIохъа машгьурав Салимил Ибарагьим. ЦIакъ бокьулаан гьесие «гьелда бан» илан абураб рагIиги. Цо нухалъ дирго гIагарав чияс «гьалда тункун» иланги абун, жа балагьизабураб мехалъ, « ВахI, гьав гурони ккечIо дида данде рагIи абулев чи»,-йиланги абун гIажаиблъун хутIана Ибрагьим. Гьеб хабаралъ кеп щвезабурав АхIмад шагьарги кIочон тун, гьанже лъугьана жиндирго чIахъадерил некIсиял къватIахъан дун вачине …
29.08.2022

АДЖЕМУШКАЯЛЪУЛ ХЪАЛАЯЛДА

« Дихъ кодоб буго кIудияб, биццатаб тетрадь. Гьелда руго КIудияб ВатIанияб рагъул соназда, яги гьездаса хадусеб заманалда гьарурал хъвай-хъвагIаял. ГьабсагIаталда дида лъалеб гьечIо гьеб тетрадь дихъе щвараб къагIида. Ва гьелда жаниб хъвараб жоги лъалароан... 
29.08.2022

МухIамад АХIМАДОВ

Мух1амад Ах1мадов гьавуна 1955 соналъул  13 ноябалда Гъуниб районалъул Гьонода росулъ . Гьес лъуг1изабуна росдал школа, Москваялда Максим Горькиясул ц1аралда бугеб институт.  2004 соналъ гьев вищана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул председательлъун. М. Ах1мадовасул т1оцересел  куч1дул  рахъана Гъуниб районалъул «Ц1ияб канлъи» ("Гъуниб") , республикаялъул «Баг1араб Байрахъ» газетазда, «Гьудуллъи» журналалда... АХIУД РАХЪАРАЛ КУЧIДУЛ
29.08.2022

ИЧIГО ЗАНИГИ НУХДА ЗИЯРАТГИ

ГЬАДИНАБГИ БУКIАНА ЗАМАН… Радалго, къункърабазул тIел гIадин, гьаругьинан Гьонодехун сверулел рукIана машинаби. Сверелаби гIемераб нухда живго жиндасаго гIадин рази гьечIого вукIана Жамал. « Щайха нилъее гьадинал зияратал хIажат рукIарал…, -ан бетIер кIибикIана гьалмагъас.
20.08.2022

Дида гьадинавлъун рак1алда ч1ана Сугъралъа Турциялъул рагъулав генерал Магьди Паша Сунгур

Къаси-къаси зодор кунчIарал цIвабзазул нухдасан вачун щванилан бицунаан Сугъралъа Магьди-хIажияв Макка-Мадинаялъул хирияб ракьалде. Гьенив цIалана, лъазабуна гIелму ва хадув гьев вачIана Туркиялдеги. БачIинаго гьев рештIун вуго Гюнеялда. 1924 абилеб соналда гьенив гьавун вуго  Сугъралъа Магьдиги.