Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

  • Всего материалов:
    13
  • Самый ранний:
    15.10.2020
  • Самый поздний:
    15.03.2024

Сортировать по

Поиск по дате

Найдено 13 объектов
05.09.2022

Тарихалде араб сапар

Дагъистаналъул гIалимзабаздаса, жамгIиял хIаракатчагIаздаса, депутатаздаса, маданияталъул вакилзабаздаса, журналистаздаса данделъараб кIудияб къокъа унеб букIана гьенир Туркиялда ругел нилъер дагъистаниязул вакилзабаз ахIулеб симпозиумалде. Гьебги гьабулеб букIана Дагъистаналдаса кIиазаргогIанасеб километраялъ рикIкIад бугеб турказул тахшагьар Анкараялда. Дунни гьеб шагьаралде цевехунги щун вукIана. Амма гьаб нухалъ батIияб букIана магIнаги гIиллаги. Нижеда цадахъги рукIана гIицIго магIарулал гурелги цоги миллаталъул гIадамалги. Амма рукIинчIо мунагьал чураяв машгьурав скульптор СалтIаса Сайгидов ГIалихIажиявги Пачалихъияб думаялде вищун вукIиналдалъун цадахъ вачIине рес ккечIев Сайгидпаша ГIумахановги. Гьев кIиявго гьалмагъасул пикрабаздаса ватIалъизего кIолеб букIинчIо. РакIалде щолел , цере тIамулел рукIана нижеца цадахъ гьарурал сапарал, ккарал дандчIваял…
20.08.2022

КЪОРОДА КЬОТ1А МАЖЛИСГИ Г1ОЛИЛАЗУЛ Ц1ИЯВ ЦЕВЕХЪАНГИ

Мажлисалда г1ахьаллъи гьабуна ва цеве ваг1загун вахъана Гъуниб районалъул имам Г1алиасх1аб Разакъов. Ахиралда хисана Къорода росдал г1олилазул цевехъан. Жиндиего бокьун гьеб ишалдаса нахъе ана Х1амзат Х1асанх1уcенов .Гьесул бак1алда тана Сайпулагьил Г1алил вас Шамил.