Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

03.09.2022 08:24 Суббота
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

РАЧIА ШУЛАНИРЕ, ЩВА ХОБАЛАЗУЛЪ ИСМАГIИЛ ДИБИРИЛ ШАФАГIАТ ЩВЕЗЕ

Берцинаб хатIалъ, хъвадаризе бугеб махшелалъ ва гъваридаб лъаялъ ИсмагIил Дагъистаналда доб заманаялъ рикIкIунаан бажари бугел гIалимазул цоявлъун. ТIоцебе гьес магIарул мацIалде буссинабун басмаялде бахъана Ибн ХIаджар Аскаланил «МунаббихIат» абураб тIехь. Хадуб Ибрагьим Буджурил «Абу Шуджа» абулеб тIехь магIарулазе цIализе ва бичIчIизе бигьалъизе «ШаригIаталъул хIукмабазул баян»- абураб цIаралда гъоркь бахъана. Туркаби ва назмаби хъван гурелги. наслабазе ИсмагIилица нахъе тана астрономиялъул, тIабигIат лъаялъул, бакъ-моцIалъул гIелмиял тIахьал.

ХIХ гIасруялъул кIиабилеб башалъиялда ва ХХ гIасруялъул тIоцебесеб башалъиялда Дагъистаналда гIелму цебетIезе байбихьиялдалъун гIалимзабазул къадар цIикIкIана.

Нилъеда кIочене бегьуларо ва наслабазе загьир гьаризе ккола захIмат — къварилъабазухъ балагьичIого гIелму лъазабиялда тIадчIей гьабурал гIалимзаби. ТIадеги, нилъеда тIалъула гьезул цIарал лъазари, гьез хъварал тIахьал цIали. Щайин абуни, гьел рукIана гIелмуялда гIамал рекъарал, жидерго бугеб лъай цIалдохъабазе кьолел, тIахьал хъван лъай тIибитIизабулел гIадамал.

Гьединаздасан ккола 1863 соналъ Шуланиб росулъ гьавурав ЧIохъ росулъа Абубакарил вас Абу ИсхIакъ ИсмагIил яги ИсмагIил дибир. ИсмагIилица цIали тIоцебе байбихьана росдал дибирлъун вукIарав инсуда цебе. Тарбия гьесие кьуна КъурбангIали саны МухIаммадица. Хадубкун лъай тIалаб гьабуна КъахIиса ГьитIинамухIаммадида ва Кудалиса МуртазагIалида (Муртаза) цебе. Муртазаца гьесда малъана астрономия, ругьунлъана рузнамал ва календарал гIуцIизе. Сугъралъ мадрасалда цIалулаго ИсмагIилил гьудулзабилъун лъугьана Гъазданушиса Абусупьян, Чохъа МухIаммадмирза Мавраев, цогидалги. Гьезул Дагъистаналда тIахьал къватIире риччазе типография – басма-хана гIуцIи мурадалде щвана I903 соналъ М. Мавраевас буссурбабазул типография – басма-хана «аль –Матба а аль- исламийа» рагьигун.

Берцинаб хатIалъ, хъвадаризе бугеб махшелалъ ва гъваридаб лъаялъ ИсмагIил Дагъистаналда доб заманаялъ рикIкIунаан бажари бугел гIалимазул цоявлъун. ТIоцебе гьес магIарул мацIалде буссинабун басмаялде бахъана Ибн ХIаджар Аскаланил «МунаббихIат» абураб тIехь. Хадуб Ибрагьим Буджурил «Абу Шуджа» абулеб тIехь магIарулазе цIализе ва бичIчIизе бигьалъизе «ШаригIаталъул хIукмабазул баян»- абураб цIаралда гъоркь бахъана. Туркаби ва назмаби хъван гурелги. наслабазе ИсмагIилица нахъе тана астрономиялъул, тIабигIат лъаялъул, бакъ-моцIалъул гIелмиял тIахьал.

1912 соналъ М. Мавраевас жиндирго гьудул ИсмагIилие типография сайгъат гьабулаго абула Аллагьасе (СубхIанагьа ва ТагIаля) гIоло ислам тIобитIизабеялъе ва жиндиего харж букIиналъе хIалтIизабеян. ИсмагIилица сайигъаталдаса инкар гьабун «инсул ирс босизе бажари гьечIес бетIерлъи гьабулищ типографиялъе»- ян гIумро ахиралде шолеб букIин бичIчIизабула.

Гьебго соналъ росулъе щварав ИсмагIил дибир хехаб унтиги чIван къадаралде шола.

РачIа Шуланире, щва хобалазулъ

ИсмагIил дибирил ШафагIат щвезе.

МухIаммадшафи АХIМАДОВ,

Дагъистаналъул буссурбабазул динияб идараялъул лъай кьеялъул отделалъул

Гъуниб бакIалъул гIуцIиялъул бетIерав хIалтIухъан.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

24