Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

06.09.2022 19:01 Вторник
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Рагъдаса кагътал

Дагъистаналдасан бокьун араца,

БитIизин цо салам тIадмагIарухъе.

Жаниб салам хъвараб сверун къачIараб,

Сайигъат битIизин чIохъдол ясазе.

Совет Союзалъе хIажатаб къоялъ,

КъватIир рахъараца хъвазин рисалат,

Рагъулаб техника кодоб босизе,

Кодоб ярагъ ккураз битIизин салам.

Тушмангун рагъизе гъира ккун араз,

Аваристаналде хъвазин цо кагъат.

Хириял ясал тун Тифлисги сверун,

Тункана машина Авчалиялда.

Электрикалъул токалъ бачунеб,

Товарный букIана ниж рекIараб жо.

Нижей рагIад гьабун гьаваялдасан,

Самолет камичIо кидаго тIасан.

ТIолабго Дагъистан – Шамилил васал,

Щибаб городалда геройлъун чIела.

Гьалмагъ Сталинид гьабураб тIадкъай,

Кидаго нижеда кIочене гьечIо...

Дандияб фашизма щущазе гьабун,

Щвела магIарухъе ниж кватIичIого.

Рагъдаса кагътал

«АММА, РАХIИ, ДИЕ ЦIАКЪ БОКЬИЛААН…»

Жидеего бокьун хъван гIарзагун, КIудияб ВатIанияб рагъде ана ЧIохъ школалъул анцIабилеб классалъул анцIила щуго вас. Рагъ лъугIун хадуб тIад вуссана гьезул анлъгояв. ИчIгояв хутIана рагъул майданалда. Багъдулов ГIумархIажиясги Дибиров НурмухIамадицаги рагъ лъугIун хадуб Ленинградалда лъугIизабуна юридикияб факультет, хадур гьел хIалтIана республикаялъул прокуратураялда. Сулейманов ГIабдула ва Мусиев МухIамад-Расул гIагараб школалда гIумруялъго учительзабилъун хIалтIана .

ХIожокъов МухIамадшапи вукIана «Смерш» отрядалда. Рагъ лъугIун хадув хIалтIана республикаялъул «БагIараб байрахъ» газеталъул редакциялда. Гьесул гIемерал макъалаби рукIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул хIакъалъулъ хъварал.

Цоги вукIана цIар рагIарав архитектор, скульптор, Гъуниб бугеб «Къункъраби» памятникалъул автор ХIажи Гъаниев .

Багъдулов ГIумархIажил лъикIав гьудул-гьалмагъ вукIана ХIалимов РахIи, ункъо ясалда гьоркьов цо вугев вас. ЛъикIаб лъайги щварав, гIадлу-низамги бугев, кагъат бачIинчIого заман индал, гьезул хъизамазул лъикIав гьобол, гIолохъанав шагIир Расул ХIамзатовасда РахIил эбел Аминатица гьарун буго, жидер рахъалдасан РахIихъе кочIол рагIабаздалъун кагъат хъвазе бокьилаан абун.

Анкьида жаниб Расулица бачIун буго гьадинаб кечI:

РикIкIаде, рикIкIаде рагъул нухазде,

Хирияв васасде, дир меседиде,

Сардил рахIат тарай, чорхол кеп сварай

Чохьол эбелалъул урхъараб салам.

Гулбуз зурма пулел хвалил щобазде,

Харил махI бахъарал гIурхъалабазде,

Дир гIумрудул анищ, каранзул рухIел,

РахIиде хIасратаб ракIалъул салам.

Санал ана дир вас, бегьичIо сордо,

Духъ лугбал сорочIеб, керен угьдичIеб.

Квер босаралдаса гвангъичIо дуниял,

Дур гургинаб сурат цебе тIамичIеб.

ГIаркьалаби гъурун гъарим хутIараб

ГъветI гIадин йиго дун мун аралдаса.

Бусен биххизабун, тIанчIи рилараб

ХIанчIил сурат буго дир сабруялъул.

Щиб дуда абилеб щущаяб ракIалъ

РагIи хутIун гьечIо магIу гурони.

КечIищха ахIилеб гьанже эбелалъ,

Гьаракь къотIун бугин рекIел тапиялъ.

Гулбузул зур-зури гIодобцIарабго

Балагье, РахIи мун хъахIил зобазде.

Зобазда хьвадулел хIайранал хьухьалъ

Дирги хIухьел бугин духъе угьараб.

Рагъул авлахъазде канлъи рехигун

Керен кьун вусса мун багIар бакъуде.

МугIрул тун унелъул гьелъул чIоразухъ

Дица салам кьунин духъе кьейилан.

Саламалъ щибилеб вай духъе битIун,

Щоларев кинав мун цо квер босизе.

Кагътазул хайир щиб дир гьанал кесек,

Вегьуларев кинав каранде къазе.

Бокьилаан дие дагьабго мехалъ

Дуда дандбитIухъе гIодой йикIине.

Вуссанищ, сваканищ рекIел тIегьилан

РакIалда ракIги цун дуда баизе.

Гьабулеб рокьи тун, цIалулеб тIехь тун

ЦIадул байдабазде арав гIолевищ?

Йокьулей ячине, цIали лъугIизе

ЦIаги тIагIинабун нахъеги вачIа.

ЛъикIго рукIайилан-квер босун ниж тун

Костюмалъухъ шинель хисун гIолебищ?

Хваял тушбабазе ахирги гьабун

Анир хутIарахъе щвезеги вусса.

Гьеб цIализе щвезегIан РахIи хутIичIо, 1945 соналъул 16 январалда Польшаялда чIвана гьев. Гьебго къоялъ, захIматго лъукъун госпиталалде ккарав Багъдуловасухъе бачIана гьеб РахIил эбелалъул кагъат. Цадахъ гIурал, цадахъ рагъарал, рагъул шапакъаталги цадахъ щолел рукIана кIиявго гьудуласе.

Рагъ лъугIун хадуб Польшаялде гьесул хоб бугеб бакIалдеги щвана ГIумархIажи.

Гьесги хъван руго жиндирго росуцояв, рагъулав гьудул РахIиде гьадинал рагIаби

РахIи, мун ракIалде щола кидаго

Школалда хьвадун араб лъимерлъи,

Цинги гIолохъанал гIолилал ясал

ГIишкъуялъ къвал бараб ихтилатаб мех.

Мех-мехалъ гьарулел цIадухъ чIеялги…

Гьединан букIана, амма рагъуца

РахIат хвезабуна нилъер гIумрудул.

Рагъул форма ретIун фронталдеян

Фашистал гъуризе ана кIиявго.

Гьедин рачIана нилъ радал гIужалда

ГIанжи шагьаралде Шагьри-Муихъе.

Гьоболлъи гьабуна Хадижатица,

Ва нухал ритIана Нажаватица.

Гьудул-гьалмагъзабаз, гIагарал щиназ

Вокзалалде рачIун тIоритIана нилъ.

Рагъде аралдаса ахир щвезегIан,

ГIазулъги, цIадулъги, цIороялъулъги

ЗахIматаб, къваридаб, къо ккараб мехалъ

Нилъ цадахъ рукIана ракIалъул гьудул…

Амма, РахIи, дие цIакъ бокьилаан

Рагъда дунги хутIун мун тIад вуссине.

Гьеб захIмалъулеб куц заман анагIан…

Абизе жо тIагIун къулула бетIер.

Рагъул ахираб сон. Январь моцIалда

ЦIорораб гIазулаб дунял букIана:

Бицине хIикматаб хIалуцараб рагъ,

Гъугъай-кьвагьиялъул кьурда балеб сас.

Самолетаздасан ралел бомбаби,

Ракетал,танкаби…. Тамаша. Гьудул.

Дол гIолохъабазул цо бахIарчилъи.

Дур гьумер бихьана гьалдолеб цIадулъ,

Гьенибги щвана дуй рагъулаб медаль.

КIочонаро дида Белоруссия,

Березина гIорул рагIаллъалаби,

Бобруйск шагьар къотIун церехун инги…

Мун дова хутIана. Лъукъарав дуда

АскIов щвечIолъилъ унтула керен.

Амма щиб гьабилеб… Гьанже-гьанжеги

Мун кидаго дида ракIалде щола.

Дуниял гIезегIан хисананиги

ХисичIого вуго мун дида цеве.

ЦIар-цIар ккун бицине мустахIикъал руго гьеб классалъул, рагъдаса руссинчIел цогидал васалги — Къурачев Къурач, ГIалиев ХIусен, ХIамзатов ГIабас – тIагIана 1943 соналъ. Хархаров ХIасан чIвана Гомель областалда . Арбуханов Тахсин чIвана Севералъул Кавказалда. ГIумаров ХIажи, ХIусенов МухIамад чIвана 1944 соналъ. ВукIана гьезда гьоркьов Махаев Ильясги. КIиабилеб маялда Берлиналда щвана гьев къадаралде. Гьениве щвезегIан рагъул майданалги нахъе тун, гъури тушманаздеги бан, тIад руссизе ругилан рокъоре кагъталги ритIун… Гьедин букIун буго хъвай-къадар.

Гьале Ильясица рагъдаса яцал Къадил ТIавус ва Махаева Загьратихъе кочIодалъун бачIараб кагъат:

Дагъистаналдасан бокьун араца,

БитIизин цо салам тIадмагIарухъе.

Жаниб салам хъвараб сверун къачIараб,

Сайигъат битIизин чIохъдол ясазе.

Совет Союзалъе хIажатаб къоялъ,

КъватIир рахъараца хъвазин рисалат,

Рагъулаб техника кодоб босизе,

Кодоб ярагъ ккураз битIизин салам.

Тушмангун рагъизе гъира ккун араз,

Аваристаналде хъвазин цо кагъат.

Хириял ясал тун Тифлисги сверун,

Тункана машина Авчалиялда.

Электрикалъул токалъ бачунеб,

Товарный букIана ниж рекIараб жо.

Нижей рагIад гьабун гьаваялдасан,

Самолет камичIо кидаго тIасан.

ТIолабго Дагъистан – Шамилил васал,

Щибаб городалда геройлъун чIела.

Гьалмагъ Сталинид гьабураб тIадкъай,

Кидаго нижеда кIочене гьечIо.

Дандияб фашизма щущазе гьабун,

Щвела магIарухъе ниж кватIичIого.

ГIодуге, гIодуге чехьалъул эбел,

Чанги ниж гIадинал гIемерал анир.

Угьдуге, угьдуге тIулалъул яцал,

Вацазул бакI кквезе хIадурго рукIа.

Берлиналъул тIохда байрахъги борхун,

ВахIшиял тушбаби тIагIине гьарун,

БагIараб Байрахъги парпазе гьабун,

Щвела ниж росулъе тIадмагIарухъе.

Гьаб Махаев Ильясил кечI кьун буго эменги армиялда хутIун, Куриб бугеб лагералде путевкаги кьун йитIун йикIарай Ругъжаб школалъул цIалдохъан Амирасулова ПатIиматихъе. Гьелъ берцинго гьеб рекIехъе цIалараб мехалъ лагералда хIалтIулей йикIарай Ильясил яц Загьратица цIакъ берцинаб кIаз сайигъат гьабун буго ПатIиматие.

Нахъа гIуцIарухъанлъун Ругъжаб гьоркьохъеб школалда хIалтIулей йикIана Амирасулова ПатIимат . Гьелдаса щвараб буго гьаниб бицен гьабураб кечIги музеялде…

ПатIимат ГIАЛИСКАНДИЕВА, Гъуниб музеялъул директор.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

15