Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

  • Всего материалов:
    1
  • Самый ранний:
    09.09.2022
  • Самый поздний:
    09.09.2022

Сортировать по

Поиск по дате

Найден 1 объект
09.09.2022

Гьале «Гъуниб» казияталъул иргадулаб номер

КъватIибе бачIана «Гъуниб» казияталъул иргадулаб номер. Гьеб байбихьулеб буго цIияб цIалул соналъул баркиялдаса. Казияталда бицунеб буго районалъул щибаб росдал школалда лъаялъул къо-Iсентябрь араб къагIидаялъул. БитIун бицани, церехун соназде данде ккун гьеб тадбиралъул дагьаб гIатIидго бицун буго казияталда. КIиабилеб гьумералда буго терроралде данде чIеялъул хIакъалъулъ бицунеб материал. Гьелда бан, 3 снтябралда гьарурал тадбиразул хIакъалъулъ. Редакциялда гIадатлъун лъугьун буго машгьурал гIадамазулгун дандчIваял гьарулеб къагIида. Гьаб нухалъ газеталъул цIалдолезда цеве вахъунев вуго цIар рагIарав Кудалиса академик Ибрагьимхан Камилов. Щуабилеб гьумералда цIалдолезда батила араб августалъулаб совещаниялъул материал...