Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

  • Всего материалов:
    1
  • Самый ранний:
    06.09.2022
  • Самый поздний:
    06.09.2022
Найден 1 объект
06.09.2022

Рагъдаса кагътал

Дагъистаналдасан бокьун араца, БитIизин цо салам тIадмагIарухъе. Жаниб салам хъвараб сверун къачIараб, Сайигъат битIизин чIохъдол ясазе. Совет Союзалъе хIажатаб къоялъ, КъватIир рахъараца хъвазин рисалат, Рагъулаб техника кодоб босизе, Кодоб ярагъ ккураз битIизин салам. Тушмангун рагъизе гъира ккун араз, Аваристаналде хъвазин цо кагъат. Хириял ясал тун Тифлисги сверун, Тункана машина Авчалиялда. Электрикалъул токалъ бачунеб, Товарный букIана ниж рекIараб жо. Нижей рагIад гьабун гьаваялдасан, Самолет камичIо кидаго тIасан. ТIолабго Дагъистан – Шамилил васал, Щибаб городалда геройлъун чIела. Гьалмагъ Сталинид гьабураб тIадкъай, Кидаго нижеда кIочене гьечIо... Дандияб фашизма щущазе гьабун, Щвела магIарухъе ниж кватIичIого.