Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

29.08.2022 18:26 Понедельник
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

МухIамад АХIМАДОВ

Мух1амад Ах1мадов гьавуна 1955 соналъул  13 ноябалда Гъуниб районалъул Гьонода росулъ . Гьес лъуг1изабуна росдал школа, Москваялда Максим Горькиясул ц1аралда бугеб институт.  2004 соналъ гьев вищана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул председательлъун. М. Ах1мадовасул т1оцересел  куч1дул  рахъана Гъуниб районалъул «Ц1ияб канлъи» ("Гъуниб") , республикаялъул «Баг1араб Байрахъ» газетазда, «Гьудуллъи» журналалда...

АХIУД РАХЪАРАЛ КУЧIДУЛ

АХIУД РАХЪАРАЛ КУЧIДУЛ

***

Гордада гъоркь рокьул

КечI ахIуларо,

ХIухьлада цIа рекIун

ЦIар рехсоларо.

Рокьул гьаракьалъе

Рагьараб горду,

Гьаб дуниялалда

Жакъа къан буго.

Йихьуларо гъастIа

Гъалал ххалей яс

Халатал гъалазул

Замана ана –

Гьаб маргьу букIана,

ХIикмат букIана,

Анищал чIухIараб

Сурат букIана.

Гьелъ гьавуна МахIмуд,

РухI рокьуй кьурав,

Кьуна ГIали-ХIажи,

ХIеж кочIол тарав…

Дун валагьун вуго,

Горду къан буго,

Гордухъ рихьуларо

Эбелги ясги.

2021

***

ХъахIилаб хIоритIа

ХъахIал хIункъубузул

ХIинкъи лъачIеб рокьи

Буго лъедолеб.

ЛъаратIа батIияб

Берцинлъи буго

Беразе хIикматаб

Маргьу бицунеб.

ХIункъбуца, хIеренго

Куркьбалги рорхун,

Рохалилаб къоги

Гьабулеб буго,

Гьаб дуниялалъул

Квешлъиги кIочон,

Цого рокьул бакъан

Бачунеб буго.

Рорлъунел зобалги

Лъедолеб хIорги,

ХIункъбузул хIикматаб

ВатIанлъун руго…

Ва амма бахъана

Нахъойги кьвагьи,

Нахъасанги речIчIун

ЧIвана гел хIункъби.

Куркьбаз къвалалги ран

Къанщана берал,

Берцинлъиялдаса чвахана магIу…

Дун гIодулев вуго…

КIиябго хIанкъва

ШагIирзаби руго

ГIумруялъ чIварал.

ОЛЬГА БЕРГОЛЬЦ

Дида, берчIвазейин, йихьичIо Бергольц,

Берцинал суратал руго тIахьазул.

ТIадаб буго дида гьелъул бицине,

Бихьинчилъи, чилъи рекIелъ цIунарай.

Бергольц цIакъ берцинай лъади йикIана,

Лъидаго рагIарав Корниловасул.

Гьев туснахъ рокъове рехараб мехалъ,

Мех балелде ана Ольгаги ячун.

Гьениб чакмабаца чехь бухарай гьелъ

Биххизе гьабуна гьабичIеб лъимер…

Лъидаго лъачIого чIвана Корнилов –

КIудияб гьунаргун вачIарав шагIир.

Ольга, туснахъги тун, къватIий ячIиндал

БачIана тIаде рагъ, бищун вахIщияь

Ва Ленинградалъул блокадаялъул

Гьаракьилан гьелда букIана цIар лъун.

ГIадада абураб букIинчIо дуца

«Щивго кIочон гьечIин, щибго кIоченччIин»,

Дида, берчIвазейин, йихьичIо Бергольц,

Бергьенлъи босана гьелъул къуваталъ.

2021

Х Е Р ЛЪ И

Дида гьанжелъагIан

БичIчIун букIинчIо, -

БукIинесеб гьечIеб

БачIуна херлъи,

Хинлъиги лъугIараб,

ГIумруги хвараб

Аралъул хабатIа

Херги бижараб.

Дида гьанжелъагIан

БичIчIун бучIинчIо,

БакIаб, тIухьи гIадаб,

ТIаде щола мех, -

Херлъиялъ хиялал

Анищал чIвараб,

Гьаб дуниялалда

Мун бесдаллъана.

Дида гьанже лъана

Лъанго букIинчIо,

РукIкIенлъун лъугьине

Бугеблъи херлъи,

БикIардилеб буго,

Гьаб дир черхалда,

Дора-гьанир рукънал

Ралагьулаго.

Кинабго бахъулеб

Буго херлъиялъ,

Хирияб гIумруги

Тушманлъун гьабун:

Амма киданиги

Бахъиларо гьелъ

Дир Авар ватIанги,

Дир авар мацIги.

2021

ЦI У М А Л

Гьал цIумал дие щай,

Дун цIумазе щай? –

Щай букIананиги

Рокьула цIумал.

ЦIумал – цIурмал руго

МугIрузда рарал,

ЦIумал – чIумал руго

Зобаз цIалулел,

МагIарулал рукIин

Лъазе гьабулел, -

Гьелъин дир росулъе

МугIрузул цIумал,

ЦIумазе рокьулел

Дир рокьул кучIдул.

2021

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

62