Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

«ГЪУНИБ» КАЗИЯТГИ «ЭРКЕНАБ ГЪУНИБ» САЙТГИ

МухIамад КЪЕБЕДОВ,  «Гъуниб» газеталъул бетIерав редактор,

СССРалъул Журналистазул ва Россиялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул член.

Ассаламу гIалайкум, хIурматиял гьалмагъзаби, нилъерго бакIги гIадатгун тарихги хириял унго-унгоял гьудулзаби!

Жакъа нилъеца рагьулеб буго Гъуниб районалъул казияталъ нахъа толеб 100 соналда жаниб т1оцебе «Эркенаб ГЪУНИБ» абураб сайт. Гьелда жанисан нужер лъайхъвай гьабизе рес букIине буго тIоцебе «Гъуниб» казияталъулгун. Сайталъ жанире рачине руго нилъер гIумруялъул киналго темаби : жамгIият, дин, маданият, адабият, нилъер район, республика, улка бахун къватIиб гIумру гьабун ругел ракьцоял, малъа-хъваял, жеги ккара-тараб, батIибатIиял очеркал, тарихиял хIужаби… Гьенибго нужеда батила «Эркенаб ГЪУНИБ» абураб видио каналги.

Гьедин рачIунел руго нилъ «Гъуниб» казияталъ нусго сон тIубаялде.

Гъуниб районалъул газеталъул тарихалъ цебе бачIинабула умумузул къисмат, граждан рагъул соназул хадусеб заман. Нартил чирахъалъул канлъиялъ кунчIарал росабазул гъасда хирияб гьоболлъун районалъул газета къабул гьабизе байбихьана тIоцебе «МагIарулав» абураб цIаралда гъоркь.

ТIоцебесеб гьелъул номерги къватIибе бачIана 1923 абилеб соналъул анкьабилеб ноябралда. Цин гьеб биччалаан гIажам хатIалъ, цинги гIажамалъгун латиналъ. Нилъер умумузул гIумруялда цадахъ газеталъул гьумерги хадусел соназ хисизабуна. Байбихьуда газета бахъулаан Гъуниб округалъе, 1924- 1925 абилел соназда гьеб букIана Авар ва ГIанди округазул гьоркьохъеб басмалъун. Нахъа район гIуцIараб мехалъ газеталъе кьуна «ЦIияб Гъуниб» абураб цIар. Цинги гьеб сверана «ЦIияб канлъиялде». Ва 1993 абилеб соналдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан районалъул газета къватIибе бачIунеб буго «Гъуниб» абураб цIаралда гъоркь.

Амма чIахIияб гIелалъул гIадамаз цебего гIадин, «ЦIияб Гъуниб» абун, кIудияб хIурматалда цIехола районалъул газета.

Жиндир заманалда районалъул газеталъул хIаракатчилъи кIодо гьабуна батIи-батIиял шапакъатаздалъун. Гьезда гьоркьоб буго Дагъистаналъул Верховный Советалъул ХIурматалъул грамота, чанго къецалда бергьиналъул бицунеб диплом.

2018 соналъ, ай газеталъ 95 сонилаб юбилеялде нижеда бажарана, 1934 соналъул 27 октябралда ДагъЦИКалъул хIумуялда рекъон, редакциялъе кьун букIараб ХIурматалъулаб гIаламаталъул сурат архивалдаса балагьизе. Ва хадуб редакциялда лъикIаблъун бихьана гьеб газеталъул цIаралда цадахъ лъезе.

Тарих буго тарих. Гьеб бихьизеги, лъазеги, цIунизеги ккола. Газеталъ нахъа тана кIудияб, лебалаб ва гъваридаб магIнаялъул нух.

Байбихьуда газета гIуцIизе РКП(б) ялъул Дагъистан обкомалъ тасдикъ гьавун вукIана 1919 соналдаса нахъе партиялъул член, гIурусав Василий Петрович Трефинов. Газеталъул редакторзабилъун рукIана ЧIохъа Мадиев ХIажимухIамад (1923-1924с.с. ), ЧIикIаса Абакаров МухIамад (1924), ЧIохъа Залов ХIажи (1939-1940с.с. ), ГIабдулаев ГIумаржан (1940-1942 с.с.) , Асмалов ГIабдулахIад (1944- 1958 с.с.), Сугъралъа ГIабдулаев МухIамад (1942-1944 с.с.) , Шуланиса ГIалиханов ГIабдулатIип (1958-1961 с.с.) , Баширов МухIамад(1962-1993 с.с.) , Ругъжаса Халитов МухIамад (1993-1996 с.с.), Куласа ХIажигIалиев ГIумаржан(1996-1996 с.с.), Къородаса Къебедов МухIамад (1997-2001 с.с.) , СалтIаса ГIандалов ГIалихIажи (2001-2002 с.с.), Мазгаров ХIабиб (2002-2004 с.с.), Нажмудинова ПатIимат (2004-2014с.с.).

Амма кидаго абулеб жо буго газета мухбирзабазги цIалдолезги гьабулилан абураб. Гьеб битIарабги буго. Районалъул газеталъ нух рагьана машгьурал хъвадарухъаби НурмухIамад АбихIасановасул, ГIабдулмажид Хачаловасул, ХIажи Заловасул, МухIамад АхIмадовасул, Багъатар ХIажиевасул, ТубхIат Зургьаловалъул, ГIирбанил ХIажиясул, Шагьри Х1ажиловалъул ва цогидазулги асаразе. Гьенирги хIалтIун, творчествоялъул нухдаса ана республикаялъул «БагIараб байрахъ» газеталъул хIалтIухъабилъун рукIарал ГIисалмухIамад ГIалиев, МухIамад Ханзахмаев, ЦIунтIа районалъул «ЗахIматалъул рецц» газеталъул редакторлъун вукIарав ХIажи ИмангIалиев ва цогидалги.

Гьанир ракIалде щвезаричIого рес гьечIо цо заманаялъ газеталъул рукIарал жигарал мухбирзабазул цIарал. Гьел кколаан Гъуниса ХIасан-Къади Идармачев, Зайнудин Зайналов ЧIохъа МухIамад-СагIид ГIисаев, Шангъодаса МухIамад ГулагIумаров, Гьонодаса МухIамад ГIабдулхаликъов, Бухтиса Юсуп ГIабдулаев, Сугъралъа ПатахI ПатахIов, Къородаса ХIажилов МухIамад, ГIобохъа Варис Нуров, Агъадаса МухIамад ДибирмухIамадов, ГIураласа ГIалихан ХIасанов ва гIемерал цогидалги.

Газеталъул мухбирзабазда гьоркьор мустахIикъаб бакIалда рукIана Гъуниб хъалаялъул тIоцевесев комендант К. Э. Залесский, Совет Союзалъул БахIарчи МухIамад ХIамзатов.

РакIалде щола квераз хIарпал рищун, газета гьабулеб букIараб заман. Гьенир, типографиялда хIалтIулел рукIана церегосел полиграфиялъул хIалтIухъаби Ибрагьим Кичев, Аминат Якъубова, ПатIимат ГIабдулмажидова, Майсарат Насрулаева.

Редакциялда рукIана гьунар-махщел бугел журналистал. Гьединаздаса кколаан МухIамад ГIалиев, Асадула Мух1амадов, СагIадула ЦIурмилов, Назир ХIажиев, Каримулла МухIамадов, Амирхан ГIисалов, Мух1амад Абакаров, Пайзулагь ГIисаев.

Жакъаги газета гьабула мухбирзабазда мугъчIвайги гьабун.

Амма абизе ккола нилъер гIумруялда радиоялъгун телевидениялъ, интернеталъ щулияб бакI кквезе байбихьиялда цадахъ газеталъул хIаракатчилъиялдаги хиса-баси ккечIого хутIичIилан. Почалдаса газета хъвалезул къадар дагьлъаниги, интернеталдаса гьеб цIалулезул горсвери лъабазарго чиясдасаги тIаде ана. Гьединлъидал гьанже бокьарав чиясул газеталъулгун бухьен гьабизе рес буго дунялалъул доба рагIаралда ругезулги. Жакъа мухбирзабиги руго гIицIго районалъул росабалъ гурелги шагьараздаги. Гьединазда гьоркьор руго Москваялда ПатIимат Расулова, МахIачхъалаялда Рукъият ГIалисултанова, Сугъралъа Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчи МухIамад Абакаров, КIуядаса Россиялъул Хъвадарухъабазулгун Журналистазул Союзалъул член МухIамад ХIасанов, Кудалиса МухIамад ГIабдурахIимов, Гъуниса Камалудин МухIамадов, Хизриев АхIмад. Редакциялдаса хIалхьиялде аралдаса гIезегIан заман бугониги, газеталъулгун бухьен къотIизе течIо Россиялъул Журналистазул союзалъул член, печаталъул ветеран Амирхан ГIисаловас.

Газеталъул битIахъегояб хIалтIи бачунеб коллектив кIудияб гьечIо. Гьел ккола редакторасул заместитель Надират КъурбангIалиева, мухбирзаби Рукъият Г1алисултанова, Мух1амад Абакаров , компьютералда нахъа газета гIуцIулей гIадан Асият Ханова.

Бищун цIикIкIун газеталъул рагIи тIибитIун буго интернеталда.

Интернеталдаса районалъул газета бихьулезул къадарги бикьун буго дунялалъул улкабазада гьоркьоб гьадин : Россия-3800, Турция- 301, Азербейжан-96, Украина-18, Киргизия-11, Грузия- 30, Германия-25, Египет-15, Казахстан-10, Саудовская Аравия- 12. «Гъуниб» газеталда хадуб хал ккуразул бищун цIикIкIун руго МахIачхъала шагьаралда- 2592 чи, Москваялда- 366, Хасавюрталда- 189, Краснодаралда- 90, Каспийскиялда-350, Гъизляралда-58, Буйнахъскиялда-48, Стамбулалда (Турция) — 56, Яловаялда (Турция)- 123 чи.

ХIисаб гьабуна интернеталдаса хъвадарулел «Гъуниб» газеталъул бищун жигарал блогерал-мухбирзабазулги. Гьел ратана Каспийскиялдаса Камил ЖабрагIилов, Гьонодаса Салтанат Юсупова, МахIачхъалаялдаса Наида Дибирова, Раисат Киштилиева, Гъуниса Заира Мамаева, Муса Мусаев, Асият Камилова, Турциялъул Ялова шагьаралдаса жамг1ияв х1аракатчи, хъвадарухъан Шигьабудин Озден ва МухIамад Айдимир...

Гьелъие буго ахирал къояз ккараб хасаб г1иллаги: х1алт1изе байбихьана цебехун киданиги бук1инч1еб «Эркенаб ГЪУНИБ» абураб хасаб сайт.

Балагьараб мехалъ, цоязе бокьулеб буго цебего гIадин, газета рокъобе бачIине, цогидазе гьеб интернеталдаса цIализе. Гьединаб ахIвал-хIалалъ кумек гьабулеб буго районалъул гIадамазда гьоркьоб гьуинлъи гьудуллъи щулалъизабизе гуребги, жиндир заманалда ругел масъалаби цере лъезеги.

Бищун аслияб, жакъа редакциялъул коллективалда нахъа мугъ чIвазе буго кIудияб къуват. ЛъикIаб бухьен буго республикаялъул машгьурал районцоязулгун. Масала, гьединаздаса ккола Россиялъул Журналистазул Союзалъул Секретарь, Дагъистаналъул Журналистазул Союзалъул Председатель ГIали Камалов, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул Председатель МухIамад АхIмадов, РАНалъул член-корреспондент Ибрагьимхан Камилов, Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчи АхIмад Саламов, Дагъистаналъул Халкъияв депутатал МухIамад КIудиямухIамадов, Мах1муддибир Каримов, Муслим Гиндиев, Халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил ц1аралда бугеб фондалъул председатель, республикаялъул ЖамгIияб палатаялъул член ГIалиасхIаб Хархачаев, Дагъистаналъул Тахол Годил ц1аралда бугеб музеялъул директор Пахрудин Мух1амадов, Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министрлъун вукIарав Сатмар Амиров.

Гъуниб районалъул бет1ер Мудунх1ажи Къадировасул кумекалдалъун ва редакциялъул х1алт1ухъабазулгун, х1атта республикаялъул журналистазул г1ахьаллъигун къват1ибе биччана лъабго номер «Гъуниб» журналъул.

Районалда газеталъулгун гьоркьоблъи гьечIеб я росдал администрация, я идара цониги гьечIо. ЦебегогIадин редакциялъ хIаракат бахъулеб буго районалъул гIумру бихьизабизе гуребги, ругел масъалаби рорхизе, цIалулезул пикраби хIисабалдеги росун, газета гIуцIизе. Хадубги газеталъ х1аракат бахъизе буго районалъ, республикаялъ, улкаялъ , гIадатияб халкъалъ рорхулел суалал гIумруялде рахъинаризе.

Гьаниб цо каламалда жаниб районалъул редакциялъул тIубараб тарих рагьун лъугIиларо. Гьеб кинабго, ай «Гъуниб» газеталъул гIумру бихьулеб магIнаялъул басма, мажмугI хIадур гьабулеб буго. Гьединго хIисабалде босулеб буго районалъул газеталъул 100 сонилаб юбилейги бач1унеб 2023 соналда гIатIидаб къагIидаялъ кIодо гьабизе.

ХIурматиял газеталъул гьудулзаби, ветеранал, гьалбал! РакIалдеги ккола хадубги нилъер районалъул басмаялъ, гьанже нилъер г1аммаб «Эркенаб ГЪУНИБ» абураб сайталъги гIумруялда гьоркьоб щулияб бакI кквелилан.

Баркала, рихьила, дандчIвала…

МухIамад КЪЕБЕДОВ,

«Гъуниб» газеталъул бетIерав редактор,

СССРалъул Журналистазул ва Россиялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул член.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

54