Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

05.09.2022 20:31 Понедельник
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Тарихалде араб сапар

Дагъистаналъул гIалимзабаздаса, жамгIиял хIаракатчагIаздаса, депутатаздаса, маданияталъул вакилзабаздаса, журналистаздаса данделъараб кIудияб къокъа унеб букIана гьенир Туркиялда ругел нилъер дагъистаниязул вакилзабаз ахIулеб симпозиумалде. Гьебги гьабулеб букIана Дагъистаналдаса кIиазаргогIанасеб километраялъ рикIкIад бугеб турказул тахшагьар Анкараялда. Дунни гьеб шагьаралде цевехунги щун вукIана. Амма гьаб нухалъ батIияб букIана магIнаги гIиллаги. Нижеда цадахъги рукIана гIицIго магIарулал гурелги цоги миллаталъул гIадамалги. Амма рукIинчIо мунагьал чураяв машгьурав скульптор СалтIаса Сайгидов ГIалихIажиявги Пачалихъияб думаялде вищун вукIиналдалъун цадахъ вачIине рес ккечIев Сайгидпаша ГIумахановги. Гьев кIиявго гьалмагъасул пикрабаздаса ватIалъизего кIолеб букIинчIо. РакIалде щолел , цере тIамулел рукIана нижеца цадахъ гьарурал сапарал, ккарал дандчIваял…

Тарихалде араб сапар

Гьаб букIана битIахъе лъагIелалъ цебе…

Грозныялъул аэропорталде жаниве лъугьунаго дун вихьаравго, валлагь, гьудул, мун нусго нухалъниги щун ватила Туркиялдеян, нижеца кверал росун рахъиналдего абуна гьенивго цадахъ Истамбулалде боржине къачIараб аэропланалда рекIине щун ватарав Бисас. Гьедин абулаха гIезегIан соназ «ХIакъикъат» газеталда хIалтIарав, «Дагъистан» журналалъеги бетIерлъи гьабурав, гьанже Авар театралъе нухмалъи гьабулев ГIалиев МухIамадида.

Нижеца цоцазул хъощ-баш гьабуна гьенирго ратарал Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат КIудиямухIамадов МухIамадгун рукIарал цогидазулгунги.

Гьезда гьоркьор рукIана тIоцере турказул ракьалде щолелги чанго нухалъ гьенир рещтIаралги.

Дагъистаналъул гIалимзабаздаса, жамгIиял хIаракатчагIаздаса, депутатаздаса, маданияталъул вакилзабаздаса, журналистаздаса данделъараб кIудияб къокъа унеб букIана гьенир Туркиялда ругел нилъер дагъистаниязул вакилзабаз ахIулеб симпозиумалде. Гьебги гьабулеб букIана Дагъистаналдаса кIиазаргогIанасеб километраялъ рикIкIад бугеб турказул тахшагьар Анкараялда.

Дунни гьеб шагьаралде цевехунги щун вукIана. Амма гьаб нухалъ батIияб букIана магIнаги гIиллаги.

Нижеда цадахъги рукIана гIицIго магIарулал гурелги цоги миллаталъул гIадамалги. Амма рукIинчIо мунагьал чураяв машгьурав скульптор СалтIаса Сайгидов ГIалихIажиявги Пачалихъияб думаялде вищун вукIиналдалъун цадахъ вачIине рес ккечIев Сайгидпаша ГIумахановги.

Гьев кIиявго гьалмагъасул пикрабаздаса ватIалъизего кIолеб букIинчIо. РакIалде щолел , цере тIамулел рукIана нижеца цадахъ гьарурал сапарал, ккарал дандчIваял…

Гьале Стамбулалдаса гIемер рикIкIад гьечIеб Ялова шагьар. Гьеб мухъалда ругел Гюней-ккой, Эсадия, Султания гIадал росабалъ гIумру гьабун руго церего гьеб ракьалде гочун арал дагъистаниязул ирсилал. Гьезда гьоркьове ккараб мехалъ дол нилъер церегосел умумулгун дандчIвараб хIисабги букIуна. Щайгурелъул гьез цо мацI гуребги, гьаниб Дагъистаналда кIочон толеб бицен-кицигицин цIунун хутIун буго. Гьениб рекIее гIолареб жоги гьаниб гIадин гуреб, лъихъниги балагьичIого абула.

Чан нухалъ Яловалде щваниги, кидаго какулеб рагIулаан гьениб «МахIачхъала» паркалда лъураб имам Шамилил бюст. Гьединаб пикру загьир гьабун букIана хъвадарухъан ва шагIир ЖахIбар Барласицаги. Гьебго хабар ккун букIана цо соналъ цадахъ ккарал Сайгидпаша ГIумахановасдаги нижедаги гьоркьоб. Ва гьеб бакIалдаго гьес абурал рагIаби рукIана нилъеца гьеб Яловалда бугеб имам Шамилил бюст хисизе бугилан. Гьебги букIине кколила нилъерго Дагъистаналдаса авторасул.

Гьедин унел рукIана сонал. Яловалда хабар тIибитIун букIана имам Шамилил цIияб памятник гьабизе бугилан. Гьелъул хIакъалъулъ бицен гьабун букIана Дагъистаналдаги гьеб бахун къватIивги рагIарав скульптор СалтIаса мунагьал чураяв Сайгидов ГIалихIажиясда. Амма кинго гьев разилъулев вукIинчIо Яловалде цадахъ сапар бухьине. Ахирги гьанжеялдаса лъабгогIан соналъ цебе нижее ГIалихIажиявгун цадахъ Сайгидпаша ГIумахановасул кумекалдалъун рес щун букIана бицен гьабулеб Ялова шагьаралде сапар гьабизе.

Борцун-балагьун, гьенибго «МахIачхъала» паркалда бугеб хисизе абун, скульпторас Дагъистаналда гьабуна имам Шамилил цIияб бюст. Балъго гьабиларо цо гьабурабги жибго тун, кIиабизеги гьабизе ккана скульпторас хIалтIи. Цинги гьеб къабул къабул гьабуна гьаниб Дагъистаналдаги Турциялдаса рачIарал вакилзабаз. Амма хIукмуялде рачIана доб Яловалъул паркалда бугебги жибго тун, ГI. Сайгидовас гьабураб имам Шамилил бюст яги Стамбулалда, ялъуни Турциялда ругел магIарулазул тахшагьарлъун рикIкIунеб Гюней-ккой росулъ лъезе кколилан абураб. Гьединаб къотIи-къайгун тIадруссун Турциялде ун рукIана Яловалда ругел Кавказалъул халкъазул цолъиялъул-дернекалъул вакилзаби МухIамад ва Гъази Айдимир.

Циндаго цоцада хадур гIумруялдаса ратIалъана кIиго лъикIав гьудул-гьалмагъ дова Турциялда жинца жив Хунзахъа рекъав ХIажимурадил наслуялъул чилъун рикIкIунев вукIарав Жагьид ва гьанив Дагъистаналда гьабураб имам Шамилил бюсталъул автор, скульптор Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул кIицIулго лауреат ГIалихIажи Сайгидов.

Бицунаго хутIараб хабарги, бронзаялде сверизабизе кколеб памятник… Жагьидицаги бицун букIана нилъер КIудиямухIамадовасул кIудияв эмен КIудиямухIамадил бицен-кици батун букIанилан Турциялъул Муш шагьаралде гъорлъе унеб цо росулъ. Гьелдаса разилъиялъул гIорхъи букIинчIо депутатасул. Ва гьеб имам Шамилил бюсталда тIад унелщинал харжал гьаризе тIаде росунги рукIана…… Щиб гьабулеб гьанже?!

- Дир гьабураб нигатги буго, нилъеца гьеб хIалтIи рагIалдеги бахъинабизе буго,-ян гьел дир шакдараби лъугIизаруна депутатас.

Гьабизеги гьабуна. Гьес хIаракат бахъана гуржиязухъе кьун, гьеб памятник бронзаялде сверизабизеги, гьениса машинаялда МахIачхъалаялдаса кIиазаргогIан километраялъ рикIкIад бугеб Анкара шагьаралде щвезабизеги.

Гьаниб цIалдолезул суал бачIине бегьула кинха байбихьуда ургъараб къагIидаялъ я Стамбулалда, я Гюней-ккой росулъги лъечIого гьеб бицен гьабулеб памятник Анкара шагьаралде ккараб абураб. Гьединаб магIнаялъул суал кьун букIана дие машгьурав жамгIияв хIаракатчи, журналист, хъвадарухъан Яловаялдаса Шигьабудин Озденицагицин.

Анкара шагьаралда гIумру гьабун руго нилъер магIарулазул вакилзаби Яшарги Асиятги. Гьел жеги данделъилелдего дида лъалаан Яшар. Гьес чанго соналъ цебего тIоцебе дида бихьизабун букIана Турциялъул тахшагьаралда бугеб хъалаги жаниса шагьарги. Яшарица умумузул ватIаналде бугеб рокьуца хIаракат бахъана магIарул мацI лъалей гIадан лъадилъун ялагьизе. Гьесда гьей ятана Азербейжаналда. Данделъун хадуса Яшарицаги Асиятицаги сапар бухьана Дагъистаналде ва ниж тIоцере цадахъ щун рукIана Гъунире ва хадур Яшарил умумузул ватIан Гумбет районалде. Гьедин ккараб букIана нижер жакъа къоялдаги бугеб щулияб гьоркьоблъи.

ХIакъикъаталдаги Яшар мекъи ккечIо. Гьесда бажарана Асиятгун цадахъ тIолгодунялалдаго тIиритIун ругел дагъистаниязул вакилзаби данделъараб мажлис гIуцIизе. «Турция-Дагъистан» абураб симпозиум ахIизе хIадурлъи гьабулеб бугилан Дагъистаналде ругьел щвараб мехалъ, имам Шамилил цIаралда бугеб Халкъазда гьокьосеб фондалъул президент ГIалиасхIаб Хархачаевас загьир гьабураб букIана гьениб рагьизе лъикIан имамасе памятникги абураб пикру. Гьеб дандбазе гIедегIана Яшарги Асиятги Анкара шагьаралъул нухмалъулезухъе ва бищунги лъикIаб паркалда лъезе изну щвана имам Шамилил памятникалъе бакI.

ТIокIабги кинха, умумузул ватIаналдехун бугеб рокьиги хIасратги бихьизабилеб?!

Гьел пикрабаздаса ворчIараб хIисаб лъугьана рогьалил гIужалъ ниж тIад рекIараб самолет Стамбулалъул аэропорталда рештIараб мехалъ. Нижеда дандчIвазе хIадурго ватана Анкараялдаса Яшар Озз. Гьенибго, къватIире рахъинелде гьоболлъи гьабулеб бакIалде лъай-хъвай гьабизе ахIун вугоан кватIичIого имам Шамилил лъабкъоялда анцIго сериялъулаб кино бахъизе тIаде босарав бизнесмен, политик, дунялалдаго машгьураб «Эртугрул» серилалъул продюсер Кемал Текден. Гьай-гьай, гьенир ратана жеги Стамбулалда гIумру гьабун ругел жидер уммумул дагъистаниял кколел цоцоялги. Гьедин цодагьаб хъош-башги гьабун, чанго сагIаталдаса ниж щвана Анкара шагьаралде.

БитIахъе Шамил имамасул паркалда бакIарун батараб гIаламалъги сверухълъиялда букIараб ахIвал-хIалалъги нижер хIайран гьавичIого чи хутIун ватиларо. Бихьулеб букIана улкаялъул даражаялда гьабураб хIадурлъи. Киса-кирего рихьулел рукIана Россиялъул, Турциялъул, Дагъистаналъул байрахъал. Данделъун рукIана Турциялдаса, Россиялдаса, ГIиракъалдаса, Азербейжаналдаса вакилзаби. Гьанже ирга щвана имам Шамилие памятник рагьулеб табиралдеги. ТIоцеве данделъаразе салам кьун кIалъазе вахъарав Анкара шагьаралъул гьеб районалъул мэр Энвер Демирелица кIудияб кьимат кьуна гьениб абухъе нилъер шайих Шамилие. Бицана жеги кIигоги парк бугилан Анкараялда имамасул цIар кьураб. Бищунги гьезул цоялда рагьулеб шайихасул памятникалдаса жал чIухIаралги рохаралги ругилан абуна мэрас. Россиялдагун Дагъистаналъулги Турциялъулги гьоркьоблъи, гьудуллъи-вацлъи щула гьабиялъул бицун кIалъазе рахъана имам Шамилил цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаев, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад КIудиямухIамадов, Россиялъул Анкараялда бугеб гIелмиябгун культуралъул централъул нухмалъулесул заместитель Роман Пенкин, Анкаралда бугеб «Дагъистан» дернек -цолъиялъул нухмалъулев Фатин Дагчинар.

Цинги, багIараб чIоло къотIигун кунчIун цебе рехун бачIана имам Шамилил сипат! Гьеб лахIзаталъ данделъаразулъ рештIун букIараб роххел бихьизе лъикIан. Ирга щолеб хIал букIинчIо памятникалда цебе сурат бахъизе бокьаразул. Пайда щибилан кколеб букIана гьеб бихьизе живго бюсталъул автор ГIалихIажи Сайгидов цадахъ гьечIогоян…

Гьеб кинабго букIана Турциялда, рикIкIадаб Анкара шагьаралда. ТIубана скульпторасул анишги, депутатасул нигатги. Тарихалъе нугIлъиялъе хутIана турказул тахшагьаралъул паркалда Дагъистаналдаса скульпторасул памятникги.

Дир абуни, гьеб киналъго ва гьаб нухалъ Турциялда бараб анцIго къоялъги жеги щулалъизабуна къватIиб ракьалда апараглъиялда хутIарал ракьцоязул нилъедасаги цIикIкIун батилилан умумузул тарихалдехунги ВатIаналдехунги рокьи. Гьениб унго-унголъунги бихьулеб буго нилъее киназего хирияб цолъиялъул къуват ва магIна. Бокьилаан нилъерго бугеб тарихалдасаги ВатIаналдасаги нилъго дагьалги чIухIизеги рохизеги.

МухIамад КЪЕБЕДОВ

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

18