Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

29.08.2022 21:41 Понедельник
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

АДЖЕМУШКАЯЛЪУЛ ХЪАЛАЯЛДА

« Дихъ кодоб буго кIудияб, биццатаб тетрадь. Гьелда руго КIудияб ВатIанияб рагъул соназда, яги гьездаса хадусеб заманалда гьарурал хъвай-хъвагIаял. ГьабсагIаталда дида лъалеб гьечIо гьеб тетрадь дихъе щвараб къагIида. Ва гьелда жаниб хъвараб жоги лъалароан... 

Амма ракIалда вуго тетрадалъул бетIергьан. Гъуниб рагъулаб комиссариаталда хIалтIулаго 1945-1946 соназда дун гьевгун дандчIван вукIана. Гьев вукIана ворхатав, къарматIав Ругъжаса лейтенант.

Жиндирго дневникалда лейтенант ХIажи Гунашевас бихьизабулеб буго Крымалъулаб фронталда, Керчь шагьаралда гIагарлъухъ КIудияб ВатIанияб рагъул соназда букIараб ахIвал-хIал.

1982 соналда гIумруялдаса ватIалъана ХI. Гунашев. Ва гьесда цадахъ ана жиндирго бахIарчияб гIумруялъул унго-унгояб балъголъи.

Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго жеги 1970 абилеб соналда публицист В. Биршертил «Крым» издательствоялъ биччараб тIехьалъ ва гьесулго 1975 абилеб соналда «Пограничник» абураб журналалда бахъараб очеркалъги.

КигIанго бокьичIониги нилъеда, дагъистаниязда, цIакъго дагь лъала нилъерго бахIарчиял ракьцоязул хIакъалъулъ.

Офицерасул хъвай хъваязда ругел кьучIал баяназ, мухIканал документаз бихьизабулеб буго нилъер бихьинаб гIамалалъул ракьцоявгун цадахъ рукIарал рагъухъабазул къохIехьей, бахIарчилъи.

Жиндирго гьитIинаб ВатIаналда гуревги ХIажи Гунашев мустахIикъав вуго Россиялъул пачалихъалулаб ХIурматалъеги.»

Гьедин хъвалеб буго хIинкъи гьечIолъиялъул ветеран, генерал-майор ГIумар МуртазагIалиевас 2009 соналдаго къватIибе биччараб «Дагестанаская правда» газеталда ва хадуб жинцаго данде гьабураб «Аджимушкайсий дневник офицера» абураб тIехьалдаги.

Жакъа нижеца журнал цIалулезда цебе лъолеб буго офицер ХIажи Гунашевасул хъвай-хъвагIаязул кьучIалда хIадур гьабураб материал.

ЦИНДАГО БАЧIАНА БУЮРУХЪ

1942 соналъул март моцIалда дун тIамуна 195 абилеб погранотрядалъул штабалъул кагътазулгун хIалтIи гьабулеб отделалъул жавабиявлъун. Ниж гьенире рачIана рагъулав фельдшер Лукьянова Надеждагун цадахъ.

Чанго къоялъ хIалтIана кагътазул отделалда ва дун тIамуна гIорхъи цIунулезул отрядалъул командирлъун. Отрядалда рукIана гIемерисел гьанжего гьанже хъулухъалде ахIарал рагъухъаби. Байбихьуда букIана гIадатаб рагъулаб ахвал-хIал, хабар букIана кватIичIого гьужумалъ ине ругилан. Киналго гьедин балагьун чIун рукIана.

Циндаго 9 маялда ракIалдаго гьечIого буюрухъ бачIана щулалъиялда рукIарал ниж, гьебги рехун тун, нахъе къазе кколилан абураб.

Щибаб нухалда хIалица бахъулаан тушманасухъа цо бакI ва гIемер кватIичIого гьебги тун, нахъе ине кколаан. Гьале гьанжеги! Нижеда лъалеб букIинчIого рагъул тIоцересел моцIазда цогидал участкабазда бугеб ахIвал-хIал. Фашистазда бажарана танкабазул кумекалдалъун квегIаб рахъалдасан нижер щулалъиялъул гъварилъиялде лъугьине. ИчIабилеб маялъул къаси хехгьабун тана нижеца гьеб бакI ва Керч шагьаралдехун рагъарана.

СихIкъотIун унел рукIана рагъухъаби. ЗахIматго букIана цIунараб бакI, рухъарал хандакъал рехун тезе. Фронталда киданиги лъаларо жиндаго берда цебе бугеб жоялъулцин хIакъикъат. БачIуна гьечIеб бакIалдаса буюрухъ ва кьабулагун галигун церехун инеги ккола. Бищунги рекIее гIолароан рагъги гьабичIого цIунараб бакI тезе.

Киназдаго бичIчIулеб букIана лъугьинехъин букIин жо. Кир тархъилел, кир чIелел?! Цебеги нахъаги ва сверун букIана ралъад.

Я ТIАГIИНЧIО, Я АСИРЛЪУДЕ ККЕЧIО

Киналго нухазда унел рукIана кор боркьарал рагъал. Гьоркьоса къотIичIого фашистазул самолетаз тIаде рехулел рукIана бомбаби. ГIолел рукIинчIо нилъер аскаразе рагъулал сурсатал, кванил нигIматал…

19 май. Нижеде аскIоре гIагарлъана немцал. Гьезулги нижерги хандакъазда гьоркьоб хутIичIо гIицIго 70-100 метра гурони.

Рогьалидаса нахъе байбихьана немцаз ниж ругеб рахъалде кьвагьизе. Цебесеб къоялъго рагъухъабазда лъазабун букIана патроназул цIуна-къай гьабизе, кIванагIан фашистал аскIорегIан риччазе. Гьедин битIахъе нижер хандакъазде гIагарлъун рачIана немцал. Гьеб мехалъ хIалтIизабуна нижецаги кодоб букIарабщинаб ярагъ: гранатаби, шушби, пулеметал…

Тушманасе тIаде рорхизе кьолеб букIинчIо. Гьел лъугьана нахъего хъурщизе.

Гьенир ккана гIемер ракIалда чIолел лъугьа-бахъинал. Цо рагъухъанасул лъугIана патронал. Гьеб мехалъ лъутун унев вукIарав немцав бохги ккун, вехъерхъана хандакъалъуве ва гьенив чIвана.

Гьедин нахъ чIвараб тIоцебесеб гьужум ун гIемер заман балелде, нахъеги рихьана немцал тIаде рачIунел . КъалъизегIан нижеца нахъ чIван буго ункъо нухалъ гьабураб тушманасул гьужум.

Къад нижехъа бажарулеб букIинчIо чIварал гьалмагъзаби рукъизе. Рес щвезегIан хандакъаздаса нахъе росулел рукIана жаназаби.

Нижергоги лъикIаб хIал букIинчIо , ратIлил иш лъугIун букIана, нигIматазул нахърател хутIичIо. КIиабилеб къоялъги кваналеб букIана моцIалъ цебего фашистаз чIвараб, капурго хун, гьорораб чодул гьан. МахI лъугIизегIан гьан гьализабулаан ва цIамги гьечIого кваналеб букIана.

Къо лъугIилелде нижер отрядалда хутIана гIицIго 39 рагъухъан ва командир. ВукIана анкьго лъукъаравги. Сонги жакъаги цIикIкIана захIматго лъукъарал. КIалъазе ва рагIизе кIолеб букIинчIо лейтенант Чайкинида. Гьесул учаскаялде щвараб мехалъ нижеда аскIоб кьвагьараб гранатаялъ дунги цояс тункун валагьизавурав гIадин, гIодов речIун ана.

Дир лъукъун батана кваранаб квер, цояб бох, чIвана сержант Велконваненко, цоясул квералдаги хъатIун батана гранатаялъул кесек. Гранатаги нижеде рехун батана чIваравилан тарав немцазул унтер-офицерас. Гьаб нухалъ гьев ворчIичIо.

ЯчIана нижер фельдшер Надя, къотIун чакмагун, гIадатаб гъецIалъ бахъана къараб махх, бухьана дир бох. Унтул кутакалъ эхетун чIезе кIолеб букIинчIо. ХIалалъ щвана командалъулаб пункталда букIараб танкалда аскIове. Данде ахIана Чайкин, Старовит, Буйнович, ай рагъулаб отрядалъул совет.

Нижеца тIубазабуна БагIараб Армиялъул буюрухъ. Бихьизабураб болжалалда ккун чIезабуна нухги участокги. Амма нижер вукIарав 230 рагъухъанасул хутIана гIицIго 38 чи. Гьенирго чIезе рес букIинчIо. Тушманасул цо-кIиго гурони гьужум нахъ чIвазе гIураб гурони ярагъ букIинчIо.

Нижер гьеб телалъе жавабги щвечIо фронталдаса, къасиялде рацияги хвезабуна ва радистги немцаз чIвана .

ТIадеялдаса тIаде отрядалъул хIал квешлъулеб букIана. Кирехун инел, щиб гьабилебали лъаларого хутIун рукIана.

Надяца босун бачIана нижер жеги чIварав лъабго рагъухъанасул комсолазулаб билет. Дирго сумкаялда жанибги гIун букIана хварал гьалмагъзабазул 113 гьединабго документ.

Гьанже ине кколеб бакIалъул хIакъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабуна старшина Сергиенкоца: Керч шагьаралда бугила ракьуда гъоркь батIи-батIияб гамачI хIадур гьабулеб бакI ва араб хасало гьенир рукIун руго партизанал. Лукьяновалъги тIаде жубана гьениб тIубараб санбат букIанилан. Нижецаги хIукму гьабуна гьеб ракьулъ бахчараб жаниблъиялде нух бахъизе.

Цин нижеца рукъана нижерго гьалмагъзаби. Цо хабалъ лъуна 190 рагъулав гьалмагъ. КъватIире рахъинелде рухIана чIваразул партиялъул ва комсомолалъул билетал.

Ниж сверун ругел немцазул горсвериялдаса рорчIизе ургъулел рукIана. КIиго къокъаялде бикьана отряд. Цо хутIараб танкалда жанир тана лъукъарал ва жеги ичIго рагъухъан. Къаси кватIараб гIужалъ тохлъизарун фашисталгун нижеца цебехун нух бахъана.

Немцазда рихьичIого хутIичIо. ТIаде бараб яргъица хвезабуна танк. Хъурщун ине ккана бащдаб километраялъул манзилалда.

Рогьизе хутIун букIана кIигогIан сагIат. ТIаде гIунтIана батIаго ун букIараб нижер цоги къокъаги. Жеги хъурщун унел рукIана. РагIулеб букIана немцазул кьвагьи, зама-заманалдаса ракетабаз гвангъизабулеб букIана сверухълъи. Ва цойидасан цебехун ахIулеб рагIана: «Гьанире, гьанире»,-ян ахIулеб гьаракь. Гьебго заманалда нижер бутIрузда тIасан унел ругилан кколаан тушманасул гулби. Кинги щибги, нижеда бажарана Керч шагьаралъул «Аджимушкайские камеломни» абун цIар бугеб бакIалде жанире лъугьине. Нижер отрядалъул вукIарав 230 чиясдасан цадахъ вукIана 31 рагъухъан. Амма цонигияв я араб бакI лъачIого тIагIинчIо я асирлъуде ккечIо.

199 гьалмагъ хвана бахIаричиго ВатIаналъе гIоло. Камеломниялде жанире лъугьараб заманги букIана радал лъабго тIубараб гIуж, 1942 соналъул 20 абилеб май.

Киналго рукIана свакан. ЦохIо къоялъ нижеца нахъ чIван буго щуго гьужум, тIезабуна немцазул горсвери, рорчIана «камеломниялде». Амма гьеб къоялъ дунгоги лъукъана. 20 май букIана дун гьавураб къоги.

ХВАНИГИ КВЕРДЕ ИНАРО

Каменоломниялда цIакъ гIемераб халкъ батана. Гьезда гъорлъ рукIана гIарадачагIиги, лъелалги, кавалеристалги, танкисталги, десантникалги, сапералги… гьечIел рагъухъаби рукIинчIо. ХIатта рагъулаб трибуналъул гIадамалцин рукIана.

Пограничниказдаса гIуцIана хасаб взвод. Нижер отрядалде тIадеги вачIана 25 чи. 56 рагъухъанасдаса гIураб взводалъул командирлъун дун тана. Нижехъ рукIана кIиго танкалъулаб ва лъабго кверзулаб пулемет, автоматал, гранатаби.

Дида гьениб букIараб бецIлъиялде кинго ругьунлъизе кIолеб букIинчIо. Вилъунаго квезе кколеб букIана тIил.

Гьединго гьенир жанир бакI-бакIазда гIодор регун рукIана гIадатиял гражданал, лъимал. БукIана гьезул гIодулеб гьаракь. Гьениб букIинчIо цIазе гIураб гьавацин. ЛъугIун рукIана кванил нигIматал, лъим.

ТIоцебесеб къоялъ нижее кьун букIана бакъвазабураб чадил 50 грамм, взводалъего бащдаб ведро лъадал.

КъватIибехун ине нух абуни букIинчIо, каменоломскиялда тIадги сверухъги рукIана немцал. БитIуда нижеда цебе бихьулеб бакIалда букIана килиса ва кIудияб мина, гьенирги рукIана фашистазул автоматчикал.

Дир лъукъараб бохалъул унти цIикIкIунеб букIана. Эхетизе кIолеб хIал букIинчIо. Вегун вукIана патроназул яшиказда тIад. Санитаркалъун йикIарай Лукьянова Надяца вачун вачIана тохтур. Гьев валагьана дир бохалъухъ. ТIубан гьорон букIана. ГьебсагIат тохтурасул тIалабалдалъун дун витIана гьениб жанибго ракьуда гъоркь букIараб госпиталалде.

Бидулги дарабазулги махIалъ кодоб босараб бакI батана. Унтаразе регизе шинелаздаги, плашпалаткабаздаги, соломалдаги санагIалъаби гьарун ругоан. РукIинчIо хIажатал дараби.

Госпиталалъул начальниклъун вукIана 55-60 сон барав гIадав тохтур. Гьев щолаан щивав унтарасде аскIове. Гьенив вегун вукIана нусгогIан лъукъарав. Сордо-къоялда жаниб цо нухалда кьолаан карш ва лъим бугеб мехалъ башдаб кружка кофе.

Дир ругъун чурана ва цIидасан бухьана. Хьолбохъ вегун вукIана цо каранда ругъун лъурав майор. Гьев цIакъ захIматго кIалъалев вукIана. КIиабилеб къоялъ майор къадаралде щвана.

Гьесул бакIалде вегизе вачIана лъукъарав сержант. ЧIечIого къаси кьижараб мехалъги гьес лъим гьарулеб букIана.

Вегун вугеб мехалъ чанго батIияб жо ботIролъе бачIунеб букIаниги, диеги къечалъ рахIат толеб букIинчIо. Кидалго кколеб букIана гьанже гурин гьанже гьекъезе лъим босун чи вачIинев гIадин. Квещего гIадин, мадугьаласги лъимго лъиман гьеб ракIалде щвезабулеб букIана.

ЯхI лъугIун, цо-цояз къадазда мацI бахъулеб букIана. Ва гьединал гIемерисезул кIутбузда ва мацIалда ругъун лъугьинабун букIана. Гьеб бихьун, санитараз гьукъун букIана къадазда мацI бахъизе. Бищунги бигьаяб, лъикI букIана маххул жал чIикIизе. ГIемерисезул кодор рукIана тунчул. Регьелалъ риччизарурал гьез кIалдир ккун, къеч буссинабулеб хIисабги лъугьинабулеб букIана.

Унтарав дида аскIой чIун йикIана сестра Лукьянова, раккизе рачIунаан Старовит, Чайкин, Ефремов.

Зама-заманалдаса доба къватIисан рагIулеб букIана кьвагьи. Немцаз байбихьана битIахъе гьужум гьабизе. Радиоялдасан фашистаз ахIулеб букIана кверде рачIаян. Амма лъиданиги гьедин гьабизе ракIалда букIинчIо. Гьез байбихьана гIарадабаз кьвагьизе. Щибаб нухалъ гьенир жанир рукIаразде тIаде кколаан чIахIиял ганчIал. Нус-нус гIадамал ратIалъана гьенир гIумруялдаса.

РакIалда буго 24 май. Фашистаз байбихьана нижеде тIаде газ биччазе. Щивас хIаракат бахъулеб букIана дагьал рикIкIаде лъутизе. ХIухьел цIазе захIмалъана. Руччабазул, лъималазул гьаркьал рахъана. Цоял хIухьел ккун, гIодор кколел рукIана. БотIроде гимнастеркаги баччун, хъурщун унев вукIана. Цояс дир унтараб бохалда хIетIе чIана ва дун тIуванго лъутун унезда гьоркьов гIодов ккана.

Цинги дун гIакълуялдаса ана, кватIун вачIана лъавуде. Гьеб газалъ гъанкъун ратана лъимал, гIолилал, руччаби, гIезегIан рагъухъаби.

Госпитал жеги гъварилъуде бахъана. Лъукъараздаса бащадалги хвана. Камуна тохтурзаби. Лазат бахъинабун букIана гьекъезе лъим щоларого.

АнцIила анлъго къоялдаса тIадвуссараб мехалъ нижер взводалъул бащадалги нахъе хутIун ратичIо.

Немцаз радалго байбихьана нахъеги газалъул гьужумалдаса. Взводалъул рагъухъаби рукIана противогазалги ретIун. ХутIарал гIадамал бакI-бакIазда ганчIазда нахъа рукIана. Цойидасан нижеда тIад бахъана кьвагьи, хIурул цIуна сверухъ бакI. Абизе кIолареб бакIлъиялъ дун гIодов къазавуна, гъанкъулеб хIал лъугьана, вагъаризе кIолеб букIинчIо, цо бакIлъиялъ чIезабун буго керен. АхIдезе, рагIи абизе кIолеб гьечIо. Лъавудаса ун, кIигIан заман арабали лъаларо. Вигьун вачIана лъадал къатIра ургьибе араб мехалъ. Цадахъ рукIарал гьалмагъзабаз хвасар гьавуна.

ГIемераб гIакъуба кьуна немцаз гьеб ракьуда гъоркь букIараб гарнизоналъул рагъухъабазе. ХIал дагьлъун, хIалица эхетаралги рукIана. ГIодор регаралдаса тIаде рахъине бажаруларелги рукIана. Щиб гьабуниги тушманасе къуркьулел рукIинчIо.

1942 соналъул 27 абилеб сентябралда къаси сагIат кIиго тIубараб заманалда хIалбихьун букIана Керчалъул камеломниялдаса къватIибе нух бахъизе. БукIана гарнизоналъул ахирисеб гьужум. Гьаб нухалъги камуна цIикIкIарасел рагъухъаби. Цонигиясда бажаричIо фашистазда гьоркьоса нух бахъун ине. Киналго лъукъ-лъукъун, чIван рукIана.

Минаялде тIаде ккун, нахъеги дир кIиябго бох лъукъана. Тушманасулгун рагъ битIахъе анлъго сагIаталъ халат бахъана…

Щугоги бащдаб моцIалъ халат бахъана ракьуда гъоркь букIараб Керчалъул гарнизоналда рагъ. Я ракъуца, я газалъ кодор росизе бажаричIо советиял рагъухъаби тушманасда. «Хваниги кверде инаро». Гьединаб нигат букIана нилъер бахIарчиял солдатазул. Киналгоязде гIунтIун гьенирго хвана ва гьел хутIана хвел гьечIезул сияхIалда.

 Материал хIадур гьабуна МухIамад Къебедовас.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

9