Меню

Сетевое издание Гунибского района "Гуниб-ИНФО"

31.08.2022 14:10 Среда
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Д И П Л О М А Т

Автор: Магомед Кебедов
Главный редактор газеты "Гуниб"

Гъизляралде щвараб мехалъ АхIмадица дун цоги батIияб машинаялда рекIине виччачIо. Ниж церего цоцада лъалелги рукIана. Гьелъул гIайибияв чи вукIана мунагьал чураяв ЧIохъа машгьурав Салимил Ибарагьим. ЦIакъ бокьулаан гьесие «гьелда бан» илан абураб рагIиги. Цо нухалъ дирго гIагарав чияс «гьалда тункун» иланги абун, жа балагьизабураб мехалъ, « ВахI, гьав гурони ккечIо дида данде рагIи абулев чи»,-йиланги абун гIажаиблъун хутIана Ибрагьим.

Гьеб хабаралъ кеп щвезабурав АхIмад шагьарги кIочон тун, гьанже лъугьана жиндирго чIахъадерил некIсиял къватIахъан дун вачине …

ЧIохъ росу Дагъистаналда лъикI лъала. Гьенир рахъарал машгьурал гIадамал улка бахун къватIирги рагIана. Халил-бег Мусаясул, ГIали ГIалиев… ЦохIо цIараз бицуна щал кинаб махщалил гIадамал гьел рукIарали. Пачаясул заманалдаги жеги гьелда церехунги рукIарал чIахъадерилги гIадамаз кIочонареб лъалкI тана хадурккун гIун рачIаразе ва тIаде гIолезе. Масала гьединазул цоявлъун вукIана ГIиракъалда Багъдад шагьаралъул губернаторлъун вукIарав МухIаммад Фазил-паша . Гьесулго вас ГъазимухIамад Дагъистанлиги вукIана ГIиракъалъул рагъулаб генштабалъул тIадегIанал хъулухъазда. Дагьаб хутIана КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIун хадуб тушмангун вагъулаго бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло ЧIохъа ГIадилов ГIадилиеги Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар кьезе.

- Гьалеха, дир вас, нилъер бугеб бечелъи. Кивехун щваниги кив вукIаниги дуцаги хIаракат бахъизе ккола нилъерго росдалги, тухумалъулги, рукъалъулги цIарги фамилияги цIунизе, -ян гIолев гьитIинав АхIмадихъги балагьун гIемер абулаан гьесда жиндирго мунагьал чураяв эмен ЖахIбарица.

Гьес гьедин абунги толароан. Живго школалъул директорлъун вукIаниги риидалил каникулазул заманалда ЖахIбарица жиндирго вас тIоцеве магIардеги гъутаналдеги витIулаан. Щайгурелъул доб заманалда нухмалъулесул хIалтIи билъине ккани кинабго жиндасаго байбихьизе кколеб букIана. Гьанже гIадин гуреб цебе школалъул цIалдохъабазги гIахьаллъи гьабизе кколаан росдал магIишаталъул хIалтIабазулъ. Абизе бегьула гьеб букIанин жамагIаталда обществоялда гьоркьов хьвада-чIвадизеги умумузул захIматалъул къимат лъазеги лъималазе ургъараб цо гIаламат.

Цоги доб мехалъ чIахIиязда аскIор гIисиназе накъиталда рукIине гьез гьабулеб жоялъул хIисаб босизе бокьулеб букIана. Гьелъги батила Гъуниве школалда хIалтIизе ккараб мехалъ ЖахIбарицаги вас щвезавурав жиндирго лъикIав гьудул-гьалмагълъун рикIкIунев вукIарав нахъа бакъназул устар, халкъияв композитор абун цIар рагIарав ЦIурмилов АхIмадида аскIове.

- Гьесда нотаби лъалароан, -илан бицана гьанже Саламов АхIмадица.- ЦIурмиловасул цIиял макънал мандолинаялда хъвалаан ниж гIисинал чагIи дицаги гьабсагIат Москваялда хIалтIулев вугев культураялъул институталъул профессор Мусаев МухIамадицаги ва гьел ахIулаан хадуй машгьурай кочIохъанлъун яхъарай Загьра МухIамадовалъги.

Хадубги жигараб гIахьаллъи гьабуна АхIмадица Дагъистаналъул мединституталда цIалулаго гьениб букIараб музыкалияб оркестралда. Амма гьев жеги школалъул гIумруялдаго машгьурлъун вукIана лъикIав спортсмен хIисабалдаги. ГIолилазда гьоркьов вахъун вукIана гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпионлъун. Спортги культураги чорхолъ бессарав Саламов АхIмадие институталда цIализеги захIмалъичIо. Дагъиситаналдаго тIоцебе рагьараб стоматологическияб факультетги бергьенлъиялда лъугIизабун хадув гьев хIалтIизе витIана Гъизляр шагьаралде. Лъидаха ракIалде ккезе букIараб магIаруллъи хирияв АхIмад гIумруялъго гьенив хутIилилан.

Гъизляр районалъул централияб больницаялда хIалтIулаго гьес дарсал кьолел рукIана шагьаралъул медучилищаялдаги. Клинникияб ординатура лъугIизабун хадуса Саламов тIамуна районалъул бетIерав цаби-гIусазул тохтурлъун. Хасаб стоматологияб поликлиника рагьараб мехалъ гьелъиеги нухмалъи гьабизе АхIмадида божилъи гьабуна.

Гьедин унел рукIана сонал. Саламовасул цIарги махщалил хабарги хехго тIибитIана шагьаралда. Гьесухъе щвара-щвараз бицунеб букIана тIадагьал кверазул устар вугилан. АхIмадица гIахьаллъи гьабуна стоматологазул ТIолгосоюзалъулаб ва ТIолгороссиялъулаб съездалда. Жеги 1992 соналдаго республикаялъул нухмалъулез гьев кIодо гьавуна «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» абураб хIурматияб цIарги кьун. АхIмадие кьолел грамотазда барахщичIо Сахлъи цIуниялъул министерствоги Гъизляр шагьаралъул администрацияги. Гьесул каранда бана халкъазда гьоркьоб рекъелги гьудуллъиги щула гьабиялъе гIоло Имам Шамилил медаль.

ГIемерав кканилан бицана Саламов АхIмадица батIи-батIиял миллаталъул гIадамазда жаниб маслихIаталъе кIалъазе. Кинаб букIаниги хабар-рагIиялда гьоркьоб гIахьаллъи гьабизе лъалесги лъаларесги гьев ахIичIогоги толев гьечIо. Сундулъго гIорхъи-рахъ цIунизеги, дандиясул рекIелъе нух батизеги, рагIи абизе бугеб гьунарги, унго-унгояб магIаруласе хасиятаб бахIарчияб гIамалги АхIмадица бихьизабуна дол хъачагъал Гъизляралде тIаде кIанцIараб мехалъ.

Гьеб букIана 1996 абилеб сон, ичIабилеб январь. Радалго вахъун, гьанжего гьанже сагIат щуго тIубалеб гIужалъ щвана гьеб къоялъ АхIмад хIалтIуде. Гьесул киданиги гIадат букIинчIо нахъаса кабинетги рахан хIажалъи ккунги ккечIогоги хIалтIулеб. Унтаралги цогидалги тIаде щвелалде абун, лъагIалица гьабурабщинаб хIисаб-суал данде босун лъугIизабизе хIаракат бахъулев Саламовги вукIана.

Цойидасан гьесул столалда букIараб телефоналъул зваргъи бахъана.

- АхIмад, гьаб къватIиб бугеб цо гъалмагъир, кьвагьа-гIанхъиго рагIулеб гьечIищ дуда?

-Дидаги рагIана гьеб, Ханика, нилъерго гIурусаз Рождество гьедингIаги кIодо гьабулеб батилаха. Нуж щибго хIинкъичIого кьижун рукIа,- ян хъизаналъе ракI-макIги гьабун АхIмад нахъеги жиндирго хIалтIуде машгъуллъана.

Амма гIемераб заманаялъ гьедин хутIичIо. Шагьаралъул прокурорлъун вукIарав жиндирго мадугьал Шамил Мутавас хадуб АхIмадида мухIканго бицана шагьаралде тIаде чачаназул боевикал кIанцIун ругилан. Жеги гьесул рахIат хвезабуна дол комуфляж ретIараб халкъ подьездалде жанибе лъугьун бачIинехъин бугилан нахъеги хъизаналъ телефоналдасан лъазабураб мехалъ. Цинги яхIго гьабизе кIвечIого инсуца эбелалдаса тIалаб гьабуна васасухъе трубка кьезе.

- ГIадил, гьудулав чи,- ан абуна АхIмадица дов фашистазде данде бахIарчиго вагъарав ГIадилов ГIадилил цIар ахIарав, ичIабилеб классалда гурони вукIинчIев цIалдохъанасда,- нилъер рокъоб бугеб кIиябго туманкIги къачIан, нуцIидаса жаниве вачIа-вачIарасда…,- ян рагIалде пикруги бахъинабичIого щиб жинца бицунеб жогоян божуларого гIадин гьев кабинеталъул гордухъа къватIиве валагьана.

Гьоркьоб къотIулеб букIинчIо кьвагьи. Цин гьелъул гьаракь бахъулаан аскIобго гIадин, хадуб шагьаралъул доб цояб рахъалда батилилан толаан. Вахъун рокъове инадаян ккараб мехалъ районалъул прокурорас АхIмадил ракI гIодобе биччазабуна гьесул рукъалда аскIоса боевикал рикIкIалъаниланги абун. Амма тIадего щвана хабар гьел хъачагъаз кодоре щвара-щварал гъоркьлъалие ккун рачун заложникал хIисабалда районалъул центаралияб больинацаялде гъун унел ругилан гIадамал. Гьелъ рахIат хвезабун ццин бахъинабуразги жалго хвасарлъизе хьулалда рачIаразги занкIун цIуна цо лахIзаталда жаниб Саламовасул поликлиника.

Гьеб щиб гьабилебали лъалареб ахIи-хIуралде тIаде рехун рачIана райадминистрациялъул бетIерасул заместитель Вера Моргуновагун цадахъ дов прокурор Шамил Мутаевги. Ва лъана шагьаралъул МахIачхъалаялъул цIаралда бугеб къотIнов гIодов ккун вукIин захIматго лъукъарав миллиционер. РетIун халгIатгун кодоре щварал дарабигун вортана АхIмад гьелгун цадахъ гьев хвасар гьавизе хьулалда. Амма миллиционерасул чорхол хIал лъикI батичIо. Чохьолъ щун букIана ункъо-щуго гулла, гьез къватIир разарун ругоан бакьал…

- Дие хвезе бокьун гьечIо, тохур, бохдузул мацI лъугIулеб буго…

- Дуца бицунеб жо щиб… Чан гIадин вукIине вуго мун,- иланги абулаго АхIмадица хех гьабун бажарарабщинабги гьабун, гIамал гьабуна лъукъарав гьениса нахъе хъамизе.

Ва нахъеги гьев лъугьана жиндирго эхетизегицин жаниб бакI балагьизе кколеб хIисабалда букIараб поликлиникаялде жаниве. Гьанже гьесул ургъел букIана дора больницаялда жанир ругезул. БукIинчIо кинабгIаги баян щолеб. Гьоркьоб къотIулеб хIал букIинчIо кьвагьулеб жоялъул. Жеги ракI гъанцIизабулел харбалги камулел рукIинчIо. Къварилъиялде ккаразе кумек лъица гьабизе бугеб? Лъица тIаде босизе бугеб шагьаралъулги гьенир гIумру гьабулезулги къисматалъул жавабчилъи?

Гьеб заманалда шагьаралъул мэр командировкаялъ вукIана Америкаялда.

Киналго балагьун рукIана АхIмадихъ. АскIор прокурорги райадминистиациялъул хIалтIухъанги рукIаниги тохтурасул калам рагIизе бокьун букIана гIадамазе.

Гьелъие букIана гIиллаги. Гъизляралде вачIаралдаса нахъе АхIмад Саламовасул цIар нахъе бахъичIо шагьаралъул жамгIиял ишаздаса. Щиб тIад къаниги кив хIажалъаниги гьесда нахъ чIвазе жого батулароан. ВукIана комсомолалъул райкомалъул секретарьлъунги шагьаралъул компартиялъул членлъунги. Ункъоялда анцIабилел соназда АхIмад вищун вукIана Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутаталъун. Гьеб заманалда гьес хIаракат бахъана избирателазул тIадкъаялда рекъон шагьаралъул анлъабилеб школа жиндир заманалда бан лъугIизабизе. Ва хадувги жакъаги Гъизляр шагьаралъул депутатазул корпусалда гьоркьоса вахъичIо Саламов. Гьединлъидал гьесул ракIги кабинетги кидалго рагьараблъун хутIана киназего.

Гьанибги гIемер ургъизе заман букIинчIо. Ва лъиданиги рагIи абизеги гьесда рес батичIо. Цинги жиндаго лъачIого лъугьана райбольницаялъул телефоназде ахIдезе. Я АхIмадица, я дов прокурор Шамилица хIалбихьаниги гьениб букIараб анцIила микьабго телефоналдаса жаваб рагIулеб букIинчIо. Цойидасан АхIмадил гIинда чIвана трубкаялдаса чIужугIаданалъул гьаракь. Гьей йикIана райбольницаялъул медсестра Шарпият. Щакърахинаго гьелъ бицунеб букIана гьениб букIараб ахIвал-хIалалъул: больницаялда боевикал, боевикал… унтарарал гурелги гIемерал руго ккун рачун рачIарал, гьаз аскIоса-гIебеде гIумру гьабун рукIарал тараб хIисабго гьечIо…

- Дуда хьолбохъ гьев боевикго гьечIевищ,- ан абураб мехалъ согIаб бихьинчиясул гьаракь рагIигун,- Дун вуго Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутат, больницаялъул бетIерав тохтур,- ан абун ана хIакъикъаталдаги гьеб заманалда гьел ишазда жив вукIинчIониги АхIмадихъа. ТIокIаб батIияб къагIидаялъ гьенив вихьизавизе рес букIинчIо тохтурасе. ХIажат букIана боевиказул рагIи.- Нужер кIудияв, командир ахIе телефоналда аскIове,- ян абигун гьебго кидадай жинда рагIиладайилан вукIарабгIанги хехго трубкаялда жанив кIалъалев вукIарасул гьаракь хисана.

- Дун вуго Салман Радуев, Дудаевасул армиялъул командир.

Гьел рагIабаз тIуркIизавичIо тохтур. Гьелъул гIаксалда жинда МахIачхъалаялда бугеб жоялъул хIакъикъат лъалеб гьечIониги Саламов АхIмадица гIезегIан лъикI бичIчIизабуна чачаназул боевиказул цевехъанасда Дагъистаналъул Госсоветалда кинабго лъалилан ва гьениса къватIире рахъарал Республикаялъул хIукуматалъул вакилзаби тIаде щвезегIан нужергун гара-чIвари гьабизе жив вакил гьавун вугилан. Циндаго гьелдаги разилъун:

- Чан чиха нужер вугев,-ан Салманица гьикъараб мехалъ АхIмадица «Щиб гьабилеб, вилъиневищ цадахъ »,- ан бераз ишан гьабуна данд битIун вукIарав бакIалъулаб телевидениялъул телеоператорасдехун. Гьесги разилъун бетIер гьанкIана…

… Ва тIамуна гали АхIмадица хъачагъазухъе

ХъахIаб тохтурасул лъалкIги нахъа толаго…

Гьедин хъвана доб мехалъ Валентина Фоменкоца жиндирого поэмаялда жаниб.

Огь, доб щуго минуталъул, амма тIубараб гIумруялъе бицине гIураб бищун халалъун бихьараб нух!

ХIакъикъаталдаги гьеб тохтурасул таваккалалъул бицунарев чи вукIинчIо. Больницаялде жанире лъугьунаго Саламов АIмадидаги цадахъ вукIарав телеоператор Камил ГIумаровасдаги къватIирги жанирги бакI-бакIазда рихьана боевиказ лъурал минаби. ЗанкIун цIун рукIана унтаразги заложниказги палатабиги колидоралги. Лъималазухъ балагьун ракI тIутIулеб хIал букIана. Бихьинал, руччаби, хараби… Гьезул цо-цоял дагь-дагьккун дунялалъулгун къомех-лъикI гьабизе пикрабазда ругилан кколаан. Гьанже гурин гьанже кьвагьизе хIадураб бочкаялда тIад ругеб хIисаб букIаралъул киназулго!

Амма гьеб кинабгоги къулчIулаго щибго хIал лъазе течIого жидерго тIадаб налъи тIубазабизе хIаракат бахъулеб букIана райбольницаялъул хIалтIухъабаз. ГIемеразде бачIунеб букIана рекIел унти, цо-цоял абуни гIакълу-лъаялдаса ун гIодор кколел рукIана… ХIатта, цо боевик хвалдаса ворчIизавичIони жинца анцIго заложник гьенив чIвазе вугилан лъазабун букIана Салман Радуевас. Гьединаб хIалуциналда гъоркь Халидовасги МахIмудовасги операция гьабурав гIарабав боевиказ вачун ана Чачаналде.

Палатаялдаса палатаялде вилъун дарабаздалъун, рагIи-каламалдалъун унтаразеги заложниказеги кумек гьабулев вукIана Саламов АхIмадги. Кин гьанже гьаб балагьалдаса гIадамал хвасар гьарилел абураб пикру ботIролъ женжедилаго гьесулги боевиказул командирасулги боркьараб хабар ккана.

- Кин дуда кIвараб Салман, Гъизляралде тIаде кIанцIизе,- ян хIалуцун кIалъана гьанже АхIмад боевиказул «къираласда».- Дуда кIочонищ тараб чачаназул тIоцебесеб рагъ?! Гьениса лъутун рачIаразул анкьазарго гIанасев беженец къабул гьавун вукIана гури нижеца.

Радуевас гьениб багьанаде, гIилла-диллаялъе бачунеб букIана гьаниб Гъизляралда бугеб аэродромалдаса роржунел самолетазги вертолетазги жидер росабазде тIаде бомбаби рехулел ругилан абулеб жо. Гьедин аби гуреб, гьеб гьесда чIезабизеги кIолеб букIинчIо. Саламовас цинги гьениб бачана гIасрабаз нахъе цIунараб чачаназулгун дагъистаниязул букIараб ва жеги хвезе рес гьечIеб гьудуллъиялъул ва кавказалда кидалго гIисиназ чIахIиязул адабгун хIурмат гьабулеб гIадаталъул мисал. Гьеб жоялъ дагьаб жиндехунго пикру буссинабизе бажаранилан ккана тохтурасда.

- Балагьея, Салман, -ан нахъеги гьев хIеккизавизе бокьун абуна Саламовас,- Хасавюрт районалда гIумру гьабулеб буго гIемерал чачанал-акинцаз. Нилъеда лъала жеги гIадамазда гьоркьоб рецIел босулеб гIадат букIинги. Масала, гьаниб щиб гьабизе бугеб дора Хасавюрталдаги гьел чачанал-акинцал гъоркьлъалие росизе кколилан гIадамал лъугьани? Мун ургъе, гьелъул жавабчилъи дуца гурони, гьанир ругел тIад маскаби хуразул цонигияс кьезе гьечIеблъи якъинаб жо буго.

Амма цIакъ хехго унеб букIана заман. Федералиял рагъулал аскараз байбихьана больницаялде тIаде кьвагьизе. АнцIила щуго минуталдаса федералаз гьеб гьоркьоб къотIизе течIони, жидеца анцIила щуго заложник чIвазе вугилан лъазабуна боевиказ. ХIатта, гIужие росарал гIадамалцин тIаса рищизе лъугьун рукIана хъачагъал. БитIахъе гIоди-чIвади букIана эбел-лъималазул. Хасго гьел чIвазе кколилан хIаракат бахъулев чи вукIана Радуевасул кваранаб кверлъун гьенив вукIарав Хункар Исрапилов. Гьеле гьеб бакIалда гьунар гIуна Саламовасул Салманил ракI цоги вахIщияб ишалдаса тархъан гьабизе. Живго АхIмадицаги хIаракат бахъана шагьаралъул админисирациялъул минаялда жаниб букIараб штабалъулгун бухьен гьабизе.

- ЧIезабе гьеб кьвагьулеб жо,- ян тIалаб гьабулеб букIана тохтурас.- Нилъер гIадамазе зарал ккезе гурилан хIинкъун руго.

- Нижеда гьабизе кIолеб жо гьечIо, гьеб буго доба Ханкалаялдаса бачIараб буюрухъ,-ан рагIана АхIмадида гьеб заманалда республикаялъул миллияб политикаялъул рахъалъ министрлъун вукIарав МухIамадсалихI Гусаевасул гьаракь.

ГьебсагIат телефоналде аскIове вачIарав Дагъистаналъул ХIукуматалъул Председатель ГIабдуразакъ Мирзабековас Саламовасе рагIи кьуна щиб гьабунги жинца федералазул кьвагьи къотIизабизе хIаракат бахъизе бугилан. Амма заман унеб букIана. Ана доб боевиказ цIараб I5 минутги. ТIаде унеб щибаб минут букIана АхIмадие щивав чиясул гIумруялъул багьаяб. Щиб бицунги боевикал тархъизаризе кIолеб рагIи балагьизе кколеб букIана тохтурас. Ахирги жалго боевиказ федералазул цо БТР кьвагьизабун хадуса гурони гьоркьоб къотIичIо гьелъ больницаялде тIаде балеб букIараб гулла-хер. РештIана сихIкъотIиялъул лахIзат.

АхIмадица пикру гьабулеб букIана ахIичIел гьалбал шагьаралдаса къватIире хехго аралгIан лъикI букIине бугилан. Амма боевиказул бетIер тIирун чIана жидер чIварал гьалмагъзабазул жаназабиги шушан тун Гъизляр рехун тезе гьечIилан. Гьел нахъе ракIаризеги Камил ГIумаровгун ва Дагир Казихановгун цадахъ ине ккана АхIмад Саламовги.

- Хадуб букIана Первомайское,- ян захIматго хIухьел цIазе байбихьана тохтурас.- Гьенирги рукIана заложникал. Кодоб хъахIаб хамил байрахъгун нахъеги Радуевасулгун гара-чIвари гьабизе ана. Амма гьаб нухалъ гIицIго ункъо чIужугIаданги ва лъабго лъималги гурони нахъе риччазаризе кIвечIо 200 заложникасда гьоркьоса.

Гъизляралда абуни хвасар гьавуна лъабазаргогIанасев чи! Жиндир заманалда гьениса бандитал нахъе ритIизе бажарун букIинчIебани…больницаялъулги жанир рукIаразулги щиб хутIизе букIарабали цохIо Аллагьасда гурони лъаларилан абулеб буго гьанже.

Гьеб киналдасаго хадубги Саламов АхIмадица гIахьаллъи гьабуна чачаназул боевиказ хIал гьабун ккун чIезарун, гьезул асирлъуда рукIарал нилъер ракьцоял эркен гьариялъулъ.

- Нижер вас Абубакар чачаназул сепаратистаз викъун ун вукIана I996 абилеб соналда,- ян хъвалеб буго ГIабдусаламовазул хъизамалъ Дагъистаналъул Пачалихъалъулаб советалъул Председатель МухIамадгIали МухIамадовасухъе.- ЛъагIелгун хадур моцIал рана гьес бандитазул жужахIалда. Нижедаса эбел-инсудаса тIалаб гьабулеб букIана 750 миллион гъурущ гIарац.

Гьеб заманалда анцIгоялдасаги цIикIкIун нухалъ Чачаназул республикаялде щун вуго нижер вас хвасар гьавизе Саламов АхIмад. Нижер хъизамалда цадахъ гьес гIахьалъи гьабуна Грозныялда букIараб шаригIаталъулаб судалъул данделъиялдаги. Гьенив АхIмадица живго вихьизавуна унго-унгояв дипломатлъун. Жиндиего кумекалъе, нижер вас эркен гьавиялъул мурадалда гьес хъачагъазда кIалъазаруна Чачан республикаялъул пачалихъалъулаб хIинкъи гьечIолъиялъул генерал, жиндирго коллега Грозныялда бугеб стомотологияб поликлиникаялъул бетIерав тохтур Абу Мавсаев, гьебго респуликаялъул ХIукуматалъул член Гулпар Адгиреев. Гьеб букIана Саламовасе Гъизляралдаги Первомайскиялдаги боевиказулгун гара-чIвари гьабулаго щвараб лъадариялъул хIасил. АхIмадил хIаракаталдалъун щибго тIалаб гьабичIого миллионазухъ гурони виччаларилан чIун рукIарал бандитаз сах-саламатго вас нижехъе кьуна.

Гьай-гьай, гьаниб эбел-инсуе букIараб рохел рагIабаздалъун загьир гьабун бажаруларо. Гьебго ахIвал-хIал букIана дол заложникал рокъо-рокъоре щвараб мехалъ Гъизляр шагьаралъулго. Бицуна нухда вилъине толев вукIинчIилан доб мехалъ АхIмад. Щиб-щибниги кодобе кьун чIового виччалев вукIинчIо базаралде щварав гьев. Унго-унголъунги АхIмадилъ гIадамазда бихьулеб букIана бахIарчилъиги бихьинчилъиги. Гьеб кIиябго гIаламат кIодо гьабун Россиялъул Президентасул Указалдалъун Саламовасул каранда бана орден Мужества. Ракълилал тохтурзабазда гьоркъов гьеб тIадегIанаб щапакъат щварав кIиабилев чи ккана улкаялдаго машгьурав лъималазул тохтур Леонид Рашальги.

Амма гьедин кIодо гьавуниги АхIмад Саламовасул гьунар Россиялъул БахIарчиясул цIар кьезе мустахIикъаб бугилан республикаялъул нухмалъулезухъе хъвадаризе журана доб жидер вас асирлъудаса эркен гьабураб ГIабдусаламовазул хъизан, Гъизляр шагьаралъул ветераназул Советалъул председатель Г. Кондарчуков, Ставрополь краялъул Новопавловка шагьаралъул Киров районалъул бетIер В. Кузнецов…

Жакъаги гьелъул хабар къотIун гьечIо. КIочон гьечIо доб улкаялдаго рагIараб Гъизляралде тIаде боевикал кIанцIараб къоги. Гьениб нахъе-нахъеги такрарлъун рагIичIого рес гьечIо Саламов АхIмадил цIар. Рехун тун гьечIо гьес хIалхьиялде аниги хIурматияб тохтурасул ишги ругьунабго депутатасул рагIиги. Цо заманаялъ Дагъистаналъул парламенталда цадахъ рукIарал ракьцоял ГIали ГIалиевасулги Саламов АхIмадилги къотIи ккола гIагараб росулъ кIиясго цадахъ ракьги тIалаб гьабун гьенир минаби разе. Гьедин байбихьунги букIана. АхIмадил гьеб мурад тIубаниги ГIалил гьелъие Аллагьас хъван букIун гьечIо. Гьанже гьеб бакIалда Дагъистаналъулго гугарухъабазул риидалил база гьабизе пикрабазда вугоан тохтур. Цо гьеб гуребги гьесда ракIалда букIана доба ГIиракъалда цоги Бакъбаккул улкабазда бугеб жидерго росдал гIагарлъиялъул гIадамал ралагьизеги. Жиндирго ясги ригьнада Египеталда йигилан бицана Саламовас.

… Гьале тира-сверун щун нахъеги рагьана АхIмадица тохтурасул кабинет. Цо-цо ккун жанире рачIине лъугьана гIадамал. Цоясул бугоан рукъалъул къваригIел, цогидасул шагьаралъул ургъел, лъабабилев гурони ватичIо унтуца вачун щварав. Унго-унголъунги кивго дипломатлъун вукIине хIаракат бахъулеб бугоан тохтурас…

Мух1амад КЪЕБЕДОВ

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

20